Буртунаялда — цIияб ясли

1 сентябралда Казбек районалъул Буртунай росулъ рагьана 60 гьитIичасе бакI бугеб цIияб ясли-ах.

 

   Гьеб рохалилаб тадбиралда гIа­хьаллъи гьабуна ДРя­лъу­л ви­це-премьер Ризван Гъа­зи­му­хIа­мадовасги.

    ГьанжелъизегIан лъикIаб гье­чIеб минаялъуб хIебтIун бу­кIана буртабазул ясли-ах. Гье­динлъидал, цIиял, гьанжесел шартIазул ва санагIалъабазул хIажатабщинабги жаниб бугеб ясли-ах щвеялдаса цIакъ разиго руго росдал гIадамал.

   Гьез кIудияб баркала загьир гьабуна цIияб яслиялъул мина базе квербакъаразе.

М. Манапов