Жакъа дагъистаниязе, хасго Авар, ГIанди, Сулахъ гIоразул мухъазда ругел ва лъарагIлъиялдагун хъутабазда гIурал цIиял магIарул росабазул жамагIатазе кIвар бугеб ишлъун буго Бузнаса нух цIигьаби. Умумузул заманалда гьеб нух букIана цIакъго санагIатаблъун. Болъихъа жамгIияв хIаракатчи Дибиров МухIамадкамилил бажариялдалъун цIигьабун бахъулеб бугеб гьеб хIакъикъаталдаги сверун буго халкъияб нухалде. Бузнаса нухлул гIемер бицуна, амма гьелъул...

