Шагьранухазги гьарулеб батила хехлъиялда чIолорхъжо байилан

   Республикаялда лъугьа-бахъунелда хадуб халги ккун, газеталъул иргадулаб номералда нужее щиб лъикIаб хабардай бицинаян ургъулел рукIуна ниж. Узухъда, нижее бокьилаан гьел цIиял харбал ракI бохизабулеб тайпаялъул, гIадан рази гьавулел рукIине. Амма къваридал харбалги кьезе кколел руго.

 

 

 

    31 августалъул сардилъ цIакъ квешаб авария ккана Унсоколо районалда — Временный поселокги тун, Шамилхъалаялде унаго гьоркьоб бугеб нухда.

   Цебе унеб машина нахъа тезе къасд гьабулаго, ВАЗ-2110 маркаялъул машина речIчIана данде бачIунелда. Чамалиго секундалда жаниб гьезда речIчIана лъаб­абилебги машина. ХIасил, анлъго чи къадаралде щвана, лъу­къун больницаялде ккана чан­гояв. Гьел киналго хъамуна Ша­милхъалаялъул больницаялде.

  1 сентябралда гьение щвана республикаялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева. Лъукъаразда гьоркьов дагьав захIматго вукIарав цо гIолохъанчи МахIачхъалаялде вачине хIукму ккана, министрги гIахьаллъун гьабураб тохтурзабазул данделъиялдаса хадуб. Гьединабго захIматаб хIалалда вугев жеги кIигоявин абуни вачине рес ккечIо, гьел доре-гьанире рачине бегьулеб хIалалда гьечIо жеги, тохтурзабазул пикруялда рекъон.

  ДТПял дагьлъулел гьечIо. Газеталъул игадулаб номералда нижеца хъван букIана кIиго анкьалъ цебе гIадин Кочубеялда аскIоб, кватIараб сардил гIужалда, ккараб ракIгъанцIизабулеб авариялъул хIакъалъулъ. Дахадаев районалъул Уркарах росулъа цо гIагарлъиялъул 13 чи тIад рекIараб микроавтобус дандречIчIана КамАЗгун. Анкьго чи гьеб бакIалдаго хвана, радалиде больницаялде щварайго хвана захIматго йикIарай цоги чIужугIаданги. Гьел киналго унел рукIана Ставрополалде, гIагарал чагIазул берталъе. Балагьараб мехалъ, машина бачунев вукIарав чиги кьижун ккун, речIчIун бугин машина данде бачIунеб букIараб КамАЗгунин хIукму къотIун буго гьеб бакIалде тIаде ккараз. Гьеб букIана сагIат лъабгоялде хIалтIараб гIуж, радакьлъулеб мех.

   Щай республикаялда къо бахъанагIан гIемерлъулел ругел талихIкъосарал ДТПял? Иргадулаб авариялдаса хадуб гьеб суал кьолеб батила щивав чияс жиндиего. Гьеб суал кьола нижецаги цоцазе. Гьелъие жаваб балагьун ине бегьилаан республикаялъул ГИБДДялъул нухмалъиялъухъеги. Амма гьел жалгоги малъкъосун ругин ккола лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун.

Гьедин букIин нилъее якъинлъана ДРялъул ГИБДДялъул нухмалъулев Александр Шалагин гьабсагIат нухазда бугеб хIинкъараб хIалалъул бицине республикаялъул муфти АхIмад-хIажида аскIове ун хадуб.

Гьорол хехлъиялда машина хъамулел гIолилаз нухазда гIадлу хвезабун, холел гIадамазул къадарги цIакъго цIикIкIун, талихIкъосараб хIал бугин гьабсагIат шагьранухаздаян ургъел бикьана А. Шалагиница муфтиясдехун. Гьел дагьал гIодоре руссунарищали бихьизе, мажгитахъ гьарулел вагIзаби цIикIкIинаризе рес гьечIищиланги гьарана гьес.

ХIакъикъаталда, цIакъ ургъел бакIаб хIалалда бугин нухазда ишилан разилъана муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевги ва рагIи кьуна мажгитахъ вагIзаби цIикIкIинаризе.

  Гьарулел руго вагIзабиги, амма ракIбиччан гьелъухъ гIинтIамулел ругищ гIолилалин абуни… Рузманкъоялъ мажгиталда жаниб букIунеб сурат нужедаго бихьулеб батила. Имамас какие салам кьун бахъиналде, секунд-параялда варххан тIадеги рахъун, къватIибе гIедегIула жамагIат, гьездаго гьоркьор руго дица бицен гьабулел гIолилалги. Дица бицунеб буго эбел-инсул тарбияги щвечIел, ахираталъул пикруги гьечIел, умумуз абухъе, бухIа-цIорой гьечIеб, ракI гванзаб умматалъул. Гьез хъамулел руго жакъа машинабиги, гьез буго жакъа шагьранухазда къиямасеб къо чIезабунги. Горбода мусруги жемун жалгоги рахъунел руго сапаралъ, жиндирго нухги цIунун, сабурго данде вачIунев чиясул рокъобеги бачунеб буго балагь.

   Гьединаб хIакъикъат буго жакъа нилъеда сверухъ. Ричун росарал правабазги, эхебе унеб жоялъул гурони пикру гьечIел гIоркьилалги сабаблъун нухазда жаназабазул гохI гIолеб буго. Аллагьасда кIодого рагIугеги, къо лъугIарав чи гурони, Лъос жиндихъего ахIун инаро, амма жакъа сапаралъ къватIиве вахъунев чи нахъвуссун гIага-божаразухъе вуссине хъван бугодай абураб пикруги гьабун, Аллагьасде щукруги тIамун чIолев ватулевлъи рулалда нахъа, хIакъаб буго.

  КантIиги къуватги кьеги щивав чиясе, шагьранухазда парахалъиги рещтIаги. Бокьилаан нухазда кколел авариязул къадарги жакъа къватIибе кьураб хабаралдалъун къокълъизе. Аллагьас лъикIаб хъван батаги.

Ашахан Юсупов