Къварилъиялде ккаразе гьабулеб кумек

 

   Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъи гьабулаго, чанги гIолохъанчи хвана. Гьезул гIемерисезул нахъе хутIана хъизан-лъимал ва гIага-божарал. Гьединал хъизамазе рахIму-цIобалъулаб кумек гьабулеб хасаб фонд рагьана исана апрелалда республикаялда. ГьанжелъагIан гьеб фондалъ нахъа чи гьечIого хутIарал хъизамазе бакIарун буго миллионалдасаги цIикIкIун гъурущ.

 

   — Фондалде кумек гьарун бачIараб цониги хъизам нижеца нахъчIвачIо. Аслияб къагIидаялъ гьез бухьен гьабула щибаб муниципалитеталда бугеб, социалияб рахъалъ халкъ цIуниялъул хъулухъалдасан. Амма чанги чагIи ратула гьадинаб фонд бугилан рагIичIелги. Гьединазул рокъо-рокъоре хьвадун, фондалъ гьабулеб кумекалда гъорлъ гьел гIахьаллъизе рукIинелъун квербакъана тIадехун бицен гьабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабаз.

   Жибго фондалда гIарцул ра­хъалъ щибниги къварилъи гье­чIо. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас цIакъ гIемераб гIарац бачIана гьенибе битIун. Гьединго нахъекъан чIечIо хIукуматалъул, министерствабазул хIалтIухъаби ва Халкъияб Собраниялъул депутатал. Гьезги саламатаб гIарцул къадар рехана фондалъул счеталде, — ян бицана «Все Вместе» фондалъул нухмалъулев Селимхан Мирзехановас.

  Гьединаб хIалтIи унеб буго гьабсагIат республикаялда, Украинаялда къадаралде щварал рагъухъабазул хъизан-лъималазе гьабулеб кумекалъул рахъалъ. Исана гьединал хъизамаздаса цо-цо чагIи чIорого хIежалде ритIизе кумек гьабуна сенатор Сулейман Керимовасги.

   Маликат Рамазанова, ДГУялъул ОЖялъул 4-б курсалъул студент