…Къурал рагъал кIочана, Ярагъияв къанщидал…

 

    Исана август моцIалда 250 сон тIубала МухIаммад Ярагъияв гьавуралдаса. Гьелда бан, 18 августалда Сугъралъ росулъ тIобитIана Дагъистаналъул диниял гIалимзабазул мажлис.

Гьеб къоялъул къаде гIуж гIагарлъанагIан, Сугъралъ росдал кIудияб мажгиталда цере, аслияб майданалде, рачIунел гьалбадерил автомашинабазул къадар цIикIкIине байбихьана.

    ТIаде щвана хас гьабун мажлисалда гIахьаллъи гьабизе вачIарав Дагъистаналъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовгун гьеб министерствоялъул ва рухIияб управлениялъул хIалтIухъаби, районазул имамзаби, Гъуниб районалъул росабазул бутIрул, Ахты, Курах, Дербент, МахIарамкент, Сулейман-СтIалалъулгун Кусар районаздаса гIадамал, МухIаммад Ярагъиясул ватIанцоялгун росуцоял ва гьесул гIагарлъиялъул гIадамал. ГIаммаб куцалда мажлисалде рачIун рукIана азаргоялдасаги цIикIкIун чи рекIараб кIинусгогIан автомашина. Ва гьезул гIемерисел берцин гьарун рукIана МухIаммад Ярагъиясул суратаздалъун, гордаздасан парпазарулел рихьулаан гIурччинал байрахъал…

Сугъралъ росулъе щвейгун, тIоцере мажлисалъул гIахьалчагIи зияраталъ МухIаммад Ярагъиясул хабатIе щвана. Гьенир дугIа-алхIам гьабун хадур, Сугъралъ росдал кIудияб цIибараб мажгиталда жамагIат гьабун как бана. Гьелдаса хадуб гьенибго байбихьана Дагъистаналъул диниял гIалимзабазул мажлис.

КIалъазе рахъарал Энрик Муслимовас, Дагъистаналъул муфтиясул заместитель АхIмад МухIамадовас, Юждагъалда вугев Дагъистаналъул муфтияталъул вакил ХIусен ХIажиевас, Исламалъулал гIелмабазул доктор МухIаммадгIариф Рамазановас, Сулейман-СтIал росдалгун районалъул имам Шамил ГIумаровас ва Гъуниб районалъул имам ГIалиасхIаб Разакъовас тIадчIей гьабуна МухIаммад Ярагъиясул гIумруялдагун гьес нахъе тараб гIелмияб ирсалда.

Амма, щаяли лъаларо, тадбир бачунезда гьеб кIудияб мажлисалда сугъулдерил вакиласе кIалъазе рагIи кьезе ракIалдецин ккечIо. Лъаларо, кIочонищ гьезда тараб, ялъуни сугъулдерил кIалъазе гIадамалгойищ лъугIаралали…

Мажлисалъул ахиралда берцинаб дугIаги гьабун, киналго гьалбал росдал цIибараб мажгиталда аскIобго, хасс гьабун гьелъие бараб богорокъоре рилълъана. Гьениб сугъулдерица гьалбадерие гIуцIун букIана тIагIамаб квана-гьекъейги унго-унгояб сугъулдерил чайги. Гьелъие гIоло гьалбадерие квен-тIех хIадуризелъун, хIатта шагьаралдаса гIемерал сугъулдерил руччабиги, пулав гьабизе Хьаргабиса махщел бугел богогьаби-чагIигицин рачIун рукана.

МухIаммад Ярагъияв гьавуралдаса 250 сон тIубаялда бан Сугъралъ росулъ тIобитIараб Дагъистаналъул диниял гIалимзабазул мажлисалъул гIахьалчагIи-гьалбал, жал лъикI къабул гьаруралъухъ сугъулдерие баркалаги кьун, жиде-жидер ватIаналде разиго тIадруссун ана.

* * *

Ярагъияв устар цадахъги вачун,

Чуял гьалагазул боялги гьарун,

…ГIалимзаби ахIун, вагIзаби гьарун,

ХIабибасул тIарикъ тIокIкIинабуна.

Гудермес рагIалда байрахъалги чIван,

Чачаназул улка кверде босана.

…Анин рагъул гъалбацI Ярагъиявгун,

Рихьуниб кIкIалахъе рещтIенги гьабун,

Рукъзал тIуралелде тIадмагIардасан

ТIогъилал байрахъал парпазаруна…

  Лъидаха лъаларел Хьаргабиса МухIамадбегил (цоги баяназда рекъон, ЧIикIаса МухIамадил) «Имам ГъазимухIамад чIвая­лъул кочIолъа» лъабавго Дагъистаналъул имамзабазул мугIалимасул хIакъалъулъ бицунел гьал тIа­дехун рехсарал мухъал!

  Лъалеб букIахъе, машгьурав шайих, гIалим ва муршид, накъшубандияб тIарикъаталъул устар МухIаммад Ярагъияв цIалана ГIандалазул машгьураб Сугъралъ мадрасаялда, ва хадуб гьеб росуги лъугьана гьесие кIиабилеб ватIанлъун. Хвелалда цеве гIумру гьабизеги, гьижра гьабун, тIуванго Сугъралъ росулъе гочана. Гьениб батана гьесда абадияб рукъги. 1838 соналда МухIаммад Ярагъияв Аллагьасул къадаралде щведал, зигараялъ Сугъралъе рачIарал рикIкIен гIемерал гIадамазда гъорлъ рукIана Имам Шамилги, Гъази-Гъумекиса Жамалудинги ва Дагъистан машгьур гьабурал нус-нус цогидал гIадамалги. Гьезда цадахъ гьениве зигараялъ щварав Къарахъа МухIаммад-ТIагьирица гьадинал рагIабаздалъун загьир гьабун буго Ярагъияв къадаралде щвей халкъалъе захIмалъиялъул хIакъалъулъ жиндиерго цо марсияталда жаниб:

…Бищун бакIаб къварилъи — къадарги тIаде гIунтIун,

ГIаламалъулго Сайид нилъедаса ватIалъи;

Нилъей хIалай ватулев ХIабибуллагь МухIаммад

ХIакъав расул вукъараб къо хIехьана умматалъ.

Къурал рагъал кIочана, Ярагъияв къанщидал…

   МухIаммад Ярагъияв вукъу­н вуго сугъулдерил хабалалъ, ва росдал устарзабаз гьесул хабада бан буго берцинаб зиярат. Гьединлъидал цебегоялдаса Сугъралъ ва Ярагъи росабазул гIадамаз цоцада вацлъиги лъазабун буго. Гьесул рукIарал божарал гьалбадерил жакъасеб наслуялъ ясбер гIадин нахъе цIунун буго МухIаммад Ярагъияс ГIабдулкъадирил Ризае васият гьабураб Аллагьасул калам — Къуръан ва бацIцIадго цIунулеб буго Ризаловазул ирсилаз МухIаммад Ярагъиясул хIурматалда жидерго бихьинаб наслуялъе ирсалъ ирсалъухъе кьун толеб «Ярагъияв» абураб хIурматияб цIар…

  Лезгиязул биценалда рекъон, цо нухалда МухIаммад Ярагъияв ГIарахъ магIарде жидерго гIиял хал гьабизе ун вукIун вуго. Къаде какил заман тIаде гIунтIигун, как базе бокьарав гьесда каки чуризе лъим батун гьечIо. Ярагъияс жидерго халатаб гIанса гIодоб тункун хадуб гьенисан кIиго ицц баккун бачIун буго. Гьезие кьун буго «МачIгояб рахьдал ицц» ва «Бетараб рахьдал ицц» абурал цIарал. Гьел иццал жакъа къоялде щвезегIан цIунун хутIун ругин абула. ГIакъил хвани, нахъе лъикIаб цIар хутIула, гIалим хвани, лъикIаб асар хутIулин абураб авар халкъалъул кициялъухъего, биччанте, гьел иццалго гIадин, Ярагъиясул лъикIал ишалги, гIелмияб ирсги, гьесул асаралги нилъееги хадусел гIелазеги нахъе цIунун хутIизе!

МухIамад Абакаров, журналист, авторасул сурат