ТIолабго Россиялъул халкъазда лъала дагъистаниял гьалбадерил къимат гьабулел чагIи рукIин. Амма, гьацIулъ хIеги хIанилъ расги камуларин абулелъул, камулел гьечIо гьединаб лъикIаб гIадат хвезабулелги. Вацапалдасан бихьараб цо видеоялъ цIакъ квешаб асар гьабуна диеги аскIор рукIаразеги. Гьениб бихьана цIакъго рагьараб ратIлилъ кванил нигIматалда хадуй тукаде ячIарай гIолохъанай туристкаялде, толохIочго къватIие яхъине нечоларищ мун, хъурумсахъанинги абун,...

