17,5 метр бугеб цIурачедги ччугIбузул фестивальги

 

 

 

  9-11 сентябралда МахIачхъалаялда, Ак-Гель паркалда тIобитIана кIиго батIияб фестиваль-ярмарка: «ЦIурачадазул» ва «Россиялъул ччугIбузул бечелъи».

Лъабабго къоялъ гьениб гьабизе ракIалда бугебщиналъул сияхI цебеккунго щвана гIадамазухъе. Щибаб къоялъе бихьизабураб цIакъ бечедаб, киналго ригьазул гIадамазе данде кколеб къагIидаялда гIуцIараб программа букIана гьезул.

 

Дунго гьениве щведал, цIакъ гIемер гIадамал ратана ракIарун: гIисинал лъималаздаса байбихьун цIикIкIараб ригьалъул гIадамазде щвезегIан. ГIуцIарухъабаз лъималазе хIадур гьарурал мастер-классалги къецалги рукIана программаялда.

Фестивалалъул тIоцебесеб къоялъ паркалда радалго тIиритIана батIи-батIиял ччугIбузул ва гьединго шагьаралъул цо-цо ашбазаздаса богогьабаз хIадур гьарурал кванил нигIматазул ва дармилал церелъеял. РукIана гьенир Дагъистаналъул махщелчагIазул тIагIалабазул церелъеялги.

МаркIачIубер рукIкIиндал, фестиваль рагьиялъул хIурматалда бихьизабуна концерталъул программаги.

Цебеккунго программа бихьаразе, бищунго интерес цIикIкIараблъун кIиабилеб къо букIанин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул, гьеб къоялде бихьизабун букIана бищунго интересаб программа.

Радалго, МахIачхъалаялда бу­геб «Равза» ашбазалъул богогьаби журана кIудияб цIурачед бежизе. Цебеккунго, чанго метралъул халалъи бугеб цIурачед бежизе бугин абураб хабаралъ гъираги бижизабун, корониб гьеб бежулеб куцалъухъ балагьизе радалго гьенибе бакIарана гIемераб гIалам.

ЦIакъ гIажаибаб къагIидаялъ гьабулеб букIана гьез гьеб. Чанго батIияб нигIматги жаниб лъун, бутIа-бутIабиккун цоцаздаги рекIинарун, коронибги бежун дагь-дагьккун халатаб столалда тIибитIулеб букIана бер­цинаб махI бугеб цIурачед.

Гьеб гьабизе 35 кг буцараб ролъулги гьебго къадар гьаналги хIалтIизабунин бицана «Равзаялъул» богогьабаз.

Ункъо сагIатгIанасеб заманалдасан гьабун лъугIана дунялалдаго бищун кIудияб цIурачед. Гьелъул халалъи батана 17,4 метр!

Бисмиллагь кIудияз, кIалдибе гьитIиназин абухъе, цин лъималазе рикьана цIурачедалъул кескал, хадуб чIахIиязеги. Киназго цIакъ лъикIаб къимат кьуна гьеб нигIматалъе.

Гьединго, гьеб къоялъ рихьизаруна ччугIил батIи-батIиял квенал гьарулеб мастер-классги. Ярмаркаялде рачIарал гIадамазе цIулал, гIарцул, пахьул устарзабаз рихьизаруна жидецаго тIагIалаби гьарулеб къа­гIидабиги.

Лъабабилеб къоялъ хIадур гьа­буна 300 кг пулавалъул. Богогьан Мумин Омаевас бицана, гьеб пулавалде гъорлъе нилъерго, Кавказалда гIурал хурдуздаса гъаран-пурччги гъорлъе гьарунин. ДРялъул культураялъул махщелчагIаз хIадур гьабураб концерталъул программаялъ ахир лъуна аза-азар чи гIахьаллъараб тадбиралъе.

ГIуцIарухъабаз рагIи кьуна гьединаб тадбир санайил тIобитIизеги.

МухIамад Манапов