«Солдатасдаса бахъараб генерал-полковникасде щвезегIан, курсантлъиялдаса рагъулав начальникасде щвезегIан нух нахъа тана ГIурада росулъа вас МухIамад Танкаевас», — абун хъван буго генералзаби В. Турчиноца ва М. Борисовас.
Рагъулал нухазда дандчIварал захIмалъабазул, советиял рагъухъабазул бахIарчилъиялъул бицун Танкаевас хъвана «Рагъулаго церехун» абураб тIехь. Гьелда МухIамадица бицунеб буго рагъул заманалда живго щварал шагьаразул ва росабазул хIакъалъулъ. Хъван буго советияб халкъалъ фашистазулаб Германиялдаса гIагараб улка кин цIунарабали ва ВатIан бокьизе кколеб куцалъул хIакъалъулъ. ГIатIидго бицун буго живго бетIерлъиялда вукIараб нусабилеб дивизиялъул рагъулаб нухлул. Гьеб дивизиялъ эркен гьабуна 1500 шагьар ва росу. РакIалдаса унереблъун букIанилан хъвалеб буго гьес Освенцим лагерь хвасар гьаби. РакI гъанцIизабулеб вахIшилъи бихьана гьениб советиял рагъухъабазда. Хвасар гьаруна Европаялъул улкабаздаса гIемерал асирал. Гьединго, тIехьалда бихьизабулеб буго ВатIан цIунулездехун гьанжесеб гIелалъул букIине кколеб адаб-хIурмат, гьезул къадру цIунизе ва къимат гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ.
«Генерал Танкаев» абураб телеочеркалда бихьизабулеб буго генерал, Дагъистаналъул чIухIи, СССРалдаго машгьурав ва Европаялъул пачалихъазда «ЧIегIерав генерал», «МугIрузул цIум» абурал цIаразда гъоркь машгьурлъун вукIарав рагъул цевехъанасул хIакъалъулъ.
«Генераласул ракIалдещвеял» абураб очеркалда Д. Труновас бицунеб буго Танкаевасул гIамал-хасияталъулги. «Рагъал унел рукIана Смоленскиялдаса гъоркьехун. Бахъизе кколаан гIор. Танкаевас буюрухъ кьуна лъедон гIурул доб рахъалде рахине. Взводалъул гIолохъанав лейтенантасда лъалароан лъим ххазе. Солдатазда хIал лъазе течIого, МухIамадица цо басрияб гьоралдаса хъарщи бахъана ва гьелъул кумекалдалъун гIор бахана.
Бан букIана гIазу. ХIалтIизаризе кколаан лыжаби. Амма Танкаевасда лыжабазда хъещтIезе лъалароан. Рагъдаса эркенал минутаз гьев ругьунлъана хъещтIезеги.
Гьаваялъулаб десанталъул армиялъе нухмалъулаго кIанцIизе кколаан парашюталъ. Солдатазе ва командирзабазе мисаллъун вукIине ккани, лъикI лъазе кколаан парашюталъ кIанцIизе. Нусго нухалъ парашюталъ кIанцIиялъул гIаламат бан букIана Танкаевасул каранда, дунгун дандчIвараб 60-абилел соназда».
1945 соналда Танкаев витIана рагъулаб академиялде цIализе. Гьениве унелъул, гьесул цIайи букIана 82 килограмм, академия лъугIидал, хутIун батана 62 килограмм. Меседил медалалда цIали лъугIидал, гьев витIула гьаваялъулаб десанталъул командующийлъун. Амма МухIамад чIечIо гьеб цIалиялда гIей гьабун, Генералияб штабалъул академияги лъугIизабуна меседил медалалда. Хадуб гьес хъулухъ гьабуна Одессаялъул ва Белоруссиялъул рагъулал округазда, Германиялда.
РакIбацIцIадаб рагъулаб хъулухъалъе гIоло Танкаев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе: гьесул каранда бана ункъо ЗахIматалъул БагIараб байрахъ орден, ВатIаналъул рагъул тIоцебесеб даражаялъул орден, Октябралъул революциялъул орден, БагIараб цIва орден. ТIадегIанал шапакъатал гьесие кьуна Польшаялъ, Болгариялъ, ГДРалъ. Гьев вукIана КПССалъул 24-абилеб съездалъул делегатлъун, СССРалъул ва ДАССРалъул Верховный Советазул депутатлъун.
1973 соналда Танкаев тIамуна СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул цIалул бетIераб рагъул управлениялъул начальниклъун, гьединго Варшаваялъулаб къотIи-къаялъул бетIерав командующийлъун. 1978 соналда гьес нухмалъи гьабулеб букIана СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб институталъе. Гьеб институталда цIалулев вукIана 26 Совет Союзалъул БахIарчи. Гьенир хIалтIулел рукIана батIи-батIиял гIелмабазул 120 кандидат ва доктор, 62 профессоргун доцент. Гьезие бажарун нухмалъи гьабуна МухIамад Танкаевас.
Генераласул гIамал-хасияталъе ва гьесул рагъулал гьунаразе гьадинаб къимат кьолеб буго нилъер машгьурал ракьцояз:
ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жафаровас:
— КигIан кIудияб хъулухъалда вугониги, кигIан тIадегIанаб чин щваниги, генерал Танкаев хутIана гIадатияв магIарулавлъун. Гьесул щулияб бухьен букIана Дагъистаналъулгун, хасго гIагараб гьидерил тIалъиялъулгун ва росуцоязулгун. Халкъалъ гьев чанго нухалъ вищана Верховный Советалъул депутатлъун. Гьеб ишалда вукIаго, МухIамадица гIемераб кумек гьабуна дагъистаниязе ва гIагараб районалъул гIадамазе. Дагъистан ва тIолабго Россия чIухIула улкаялъул тарихалда гъваридаб лъалкI тарав бахIарчи МухIамад Танкаевасдаса.
Москваялда вугев Танкаевасул росуцояв МухIамад Талайлов:
— ДандчIварабго Танкаевас цIехолаан Дагъистаналдаса, гIагараб Гьидалъа цIиял харбал. Гьесда лъазе кколаан росдал гIадамазул гIумру-яшавалъул ахIвал-хIалги, совхозалъул гIиял къадарги… Гьесул васият букIана хведал жив гIагараб росдал хабалалъ вукъеян. Гьеб нижеца тIубана.
ГIажаиблъи гьабизе ккараб хIакъикъат гьечIищха, магIарул росулъа гIадатияв векьарухъанасул вас Варшаваялъул къотIи-къаялъул Северияб аскарияб къокъаялъул командующий гIадаб кIудияб борхалъиялде вахине бажари. Гьединал чагIаз берцин гьабула нилъер Дагъистан, гьез хъвала гьелъул бахIарчияб тарих. Нилъеда ва нилъер наслабазда тIадаб буго даималъго Танкаевасул цIар цIунизе. Гьелъие гIоло нижеца гьабуна гIемераб хIалтIи: МахIачхъалаялда эхетана генераласе памятник, къватIазда, школазда, госпиталалда лъуна гьесул цIар, ГIурада росулъ гIуцIана гьесул рагъулаб нухлул бицунеб музей, хъвана ва хъвалел руго гьесул хIакъалъулъ тIахьал…
Юстициялъул полковник, рагъулаб прокуратураялъул хIурматияв хIалтIухъан Шамил АхIмадов:
— МухIамад Танкаев вукIана нилъер халкъалъул бищунго камилаб гIамал-хасият чорхолъ бессарав бахIарчи. СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул рагъулаб БагIарбайрахъулаб институталъул начальникасул хъулухъалда Танкаев вугел соназ дун цIалана гьесда цеве рагъулабгун юридикияб факультеталда. Гьайгьай, дун чIухIула гьес тарбия-лъай кьурав чи вукIиналдаса. Лъабго дагъистанияв вукIана доб мехалъ гьенив цIалулев. Киналго студентазе, хасго дагъистаниязе гьес гьабулаан эменлъи. Студентаз хIаракат бахъунаан гьесда релълъине, гьевго гIадин берцинго хьвадизе. Генераласе рекIкI гьабичIого букIинеян, ниж-дагъистаниял цIалана «щуйилазда» ва киназего сундулъго мисалияллъун рукIана.
ГIемерал соназ Ленинкент поселокалъул №35 гимназиялъул директорлъун хIалтIарай Чакар Мажидова:
— Шамил районалъул гIадамал руго гIажаибго берцинаб хасияталъул ва бахIарчияб гIамалалъул чагIи. ГIажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро гьединаб халкъалда гьоркьоса МухIамад Танкаев гIадав бахIарчи вахъин. Берлиналда Расул ХIамзатовасулгун лъай-хъвай гьабулаго, Танкаевас «Я из Гидатля буду родом» абурал рагIабазул буго кIудияб магIна. Цоги жоялъул бицинего бицинаро, гьес цо къоялда Освенцималъул лагълъиялдаса эркен гьавуна 17 азарго асир. Танкаев ккола дунялалъулго кIодолъиялъул инсан. Ленинкенталъул лицеялъул лъималазда цIакъ лъикI лъала генераласул рагъулаб нухлул ва ракълил соназда гьес гьарурал чIахIиял ишазул тарих. Нилъгун гьечIониги, Танкаевас жакъаги кумек гьабулеб буго гIолилал ватIан бокьиялде куцаялъе ва, къваригIани, гьеб цIунизе рахъине хIадуриялъе.
Шамил районалъул бетIер МухIамад ХIасанов:
— Танкаев ккола Дагъистаналда тIоцебе генерал-полковникасул чин щварав чи. Гьесие цIакъ бокьулаан Гьидерил тIалъиги гIагараб ГIурада росуги, гьев чIалгIун вукIунаан ракьцоязухъ.
Танкаевасда цIакъ берцин рихьулаан магIарул, хасго гьидерил гIадатал, рокьулаан пандрида ахIулел кучIдул, гьев сухIматазда гъираялда кьурдулаан.
Танкаев вукIана Буйнакск шагьаралъул хIурматияв гражданин. Гьесул цIар босун буго гьеб шагьаралъул хIурматиял чагIазул цIарал хъвараб тIехьалдеги. Генераласул цIар кьун буго МахIачхъалаялъул цо къватIалъеги. Гьенибго лъун буго гьесие гьабураб памятникги. МухIамадил бюстал руго гьесул гIагараб ГIурада ва ЦIияб ГIурада росабазул школазул азбаразда. ГIурада росдал школалъе кьун буго машгьурав генераласул цIар.
Нилъер халкъалда кидаго кIоченаро Танкаевасул бахIарчилъи, лъикIлъи, гIаданлъи ва гIадатлъи.
Нури Нуриев

