15 маялда Россиялда кӀодо гьабула Хъизамалъул къо. Нилъеца гьеб къоялде ракӀалде щвезарула гӀемер лъимал ругел хъизамал. Жакъа дие бицине бокьун буго бахӀарчияв инсул хӀакъалъулъ.
РекIее гIагарал тIиндал кIоченчIо
МухӀамад БахӀричилов гьавуна 1936 соналъул ноябралда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. 1961 соналда лъугӀизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институт ва хӀалтӀизе ана ЦӀумада районалде. ХӀалтӀана ТӀинди росдал участокалъулаб больницаялда хирурглъун. «КъваригӀарал дарабаздалъун, медицинаялъул алатаздалъун хьезабиялъул рахъалъ къварилъи букӀаниги, дида жеги ракӀалдаса унаро ТӀинди росулъ хӀалтӀараб заман. Дирго гӀагарал чагӀазде гӀадинаб букӀуна жакъаги гьезул гӀадамазде бербалагьиги. Рокьула рихьизе. Дида лъалел чагӀи гьечӀониги, гьелгун дандчӀвайдал, батӀияб асар гьабула ракӀалъе. ГӀадамазул кутакалда хӀурмат гьабулел чагӀи ратана гьел», — ан ракӀалде щвезабуна МухӀамадица.
Хадув вукӀана райлечебобъединениялъул бетӀерав тохтурасул заместительлъун. 1967 соналдаса нахъе хӀалтӀана Дагъистаналъул МВДялъул санчасталда: поликлиникаялъул, госпиталалъул начальниклъун. 2026 соналда, лъабго моцӀалъ цеве, пенсиялде ана гьев. ХӀалтӀулаго, тӀуразе ккана хирургасул, терапевтасул, фтизиатрасул ва цогидал хъулухъал. Бищунго захӀматаблъун гьес рехсана унтарав сахлъизавиялъе шартӀал чӀезари. ГъалатӀ биччазе бегьулареб махщеллъунги рехсана хирургасул пиша. «Щибаб махщелалъул рукӀуна хаслъаби, амма хирургасул гъалатӀалъ инсан чӀвазе бегьула», — ян абуна гьес.
ГъалатӀ борчӀунгутӀизе медицинаялъул гӀемерал тӀахьал цӀалана МухӀамадица. «Районалда хӀалтӀулев тохтурасул рес букӀунаро пишацояв цогидав тохтурасулгун гӀакълу дандбазе. Гьединлъидал цӀализе ккола медицинаялъул цӀирагьиязул хӀакъалъулъ бицунел гӀемерал тӀахьал. Почалдасан рачӀинарулаан дица гьел. Гьедин гӀуна кӀудияб библиотека. ГӀемерал тӀахьал сайгъат гьаруна гьудулзабазе, гӀолохъанал тохтурзабазе.
«Жакъа унтарасе гьабулеб кумек гӀемерго цӀикӀкӀараб буго. Дун хӀалтӀизе байбихьараб заманалда рес букӀинчӀо унтиялъул мухӀканаб цӀех-рех гьабизе. ГӀемерисеб мехалда тохтурасул лъаялдаги хӀалбихьиялдаги мугъчӀвалаан, диагноз лъолаго. Гьанже руго унтиялъул цӀех-рех гьабулел батӀи-батӀиял къагӀидаби, аппаратал, анализазе хӀалтӀизарулел реагентал. Тохтурасулги буго гӀатӀидаб лъай – медицина цебетӀун буго кутакалда. Гьединлъидал гӀемерлъун руго унтабазул тайпабиги гьезие дару гьабулел къагӀидабиги», — ян бицана тохтурас.
Бигъараб къисмат
Заман щведал, МухӀамадицаги гьабуна хъизам. Гьезие гьаруна лъималги. Амма хъизамалъул рахъалъ битӀккечӀеб батана гьесул къисмат. Хъизам биххиялъе гӀиллалъун рокьи тӀагӀинищ ккарабан гьикъидал, гьадинаб жаваб кьуна МухӀамадица: «Нилъер магӀарулазул рокьиго гӀемер букӀунеб батиларо. Амма чӀужугӀаданалда лъазе ккола, жинца росасул гуребги, гьесул эбел-инсулги, вац-яцазулги, тухумалъулги адаб-хӀурмат гьабизе кколеблъи. Гьебго бичӀчӀизе ккола бихьинчиясдаги – лъадул гӀагарлъи кӀодо гьабизе кколеблъи. Цоцазул адаб-хӀурмат гьечӀони, хъизамалъул битӀкколаро», — ян. ХӀикматаб гӀакъиллъи гъорлъ бессараб жаваб… Пайда щибха, жакъасеб гӀелалъул гӀинзуниб лъезе анищ гьеб пикру, риххулел хъизамал гӀемерго дагьлъилаан.
МухӀамадица тӀокӀалъ чӀужу ячинчӀо. Квен хӀадуриги, рукъ бакӀариги, партал чуриги – къогоялдаса цӀикӀкӀун соналъ бегун буго гьесул гъуждузде. «Вузалда цӀалулаго, лъай камил гьабиялъул курсазда вукӀаго, ругьунлъана дун квен гьабизеги рукъ тӀубазеги. Азербайжаналда, Грузиялда 4-5 моцӀалъ цадахъ ккарал гьалмагъзаби ратана бергьарал богогьабилъун. Гьездаса ругьунлъана дунги. Интересаб гӀелму буго богогьанлъи. Дица гьелъул хӀакъалъулъ бицунел ва батӀи-батӀиял рецептазул тӀахьалги гӀемер цӀалула», — ян бицана гьес.
Гьелде тӀадеги, тӀалаб гьабизе ккана ботӀрое щвараб ругъуналъул хӀасилалда сакъатлъарав васасулги. Дихъа, чӀужугӀаданалъухъа, кинго цебечӀезабун бажаруларо руччабазул кверго квалулареб мина-руссен. Нур свараб букӀуна эбел гьечӀеб лъимадул гӀумру. АзарцӀул дунял бецӀлъулин ккола, сакъатав чиясда аскӀой гьесул унти бигьалъизабулей, гьесие квенги рацӀцӀалъиги чӀезабулей чӀужугӀадан (эбел, яц, лъади) гьечӀеб мехалда.
Унтарав васасул тӀалаб жинцаго гьабула МухӀамадица. Тохтур вукӀиналъ, бигьалъулебги батила гьесие гьеб, амма… гӀемерал, талихӀкъосиналъ, жаваб гьечӀел суалал рижана дилъ. МухӀамадие бокьичӀо гьелъул хӀакъалъулъ бицине, рузманкъоялъ мунагьалъукье ккезе бокьун гьечӀин абуна гьес. Дидаго ракӀалде ккана: эбелалъулаб рокьи-хинлъиги кьун, бусаде ккарав инвалидасе хъулухъ гьабулев эмен БахӀарчи вугин! Аллагьас сахлъиги сабруги кьеги гьесие!
Искусствоялде рокьи
Тохтурлъиялъул захӀматаб ишалдаса хӀухьбахъиялъе санагӀатаб къагӀидалъун М. БахӀричиловасда батана суратал рахъи. Школалда цӀалулеб заманалда машгъуллъана гьев гьелде. Гьес хӀадурулаан классалъул къадал газета ва тӀоцебесеб нухалда гьелъие рахъана сураталги. ГьитӀинго гьелда квалквадиялдаса бижана тӀадегӀанаб искусствоялде кӀудияб рокьи. Аслияб куцалда гьес рахъула гӀадамазул суратал, портретал. Амма гъираялда хӀалтӀула гьев натюрмортал ва тӀабигӀаталъул берцинлъи рагьулел суратазда тӀадги. Жинцаго суратал рахъиялда гӀей гьабичӀо гьес – байбихьана профессионалиял выставкабазде хьвадизе. Гьедин ккана художниказулгун лъай-хъваял. «БатӀи-батӀиял шагьаразде хӀалтӀул сапарал гьаруна дица. Киве щваниги, тӀоцебесеб иргаялда унаан Суратазул галереялде, халкколаан гьел рахъиялъул къагӀидабазухъ», — ан абуна тохтур-художникас.
Суратал рахъизе заман кида дуда батулебан гьикъидал, МухӀамадица гьадинаб жаваб кьуна: «Дида тӀадаб хӀалтӀи гьабун бахъиндал, суратал рахъизе гӀодов чӀола дун. Рахъула фотоаппараталъги къалмицаги, хадуб – батӀи-батӀиял релъеназ. Бакъанида байбихьула, мех-мехалда шамат-гьатӀан къояздаги вукӀуна суратал рахъулев. Гьел рахъичӀого чӀезе кӀоларо. ГьабсагӀаталда, беразул канлъи мукъсанлъиялда бан, цодагьав тохлъун вуго дун. Гьабулеб буго дару-сабаб ва хьул буго мадар лъугьиналде», — янги абун, М. БахӀричиловас рихьизаруна Дагъистаналъул Суратазул галереялда тӀоритӀарал жиндир выставкабазул альбомал, буклетал. Щуго-анлъго выставка тӀобитӀун бугоан гьесул, ва гьесул хӀаракаталъе кьураб тӀадегӀанаб къиматлъун ккола «ДРялъул мустахӀикъав художник» абураб гьесие кьураб цӀарги.
Гьанже МВДялъул санчасталда буго МухӀамад БахӀричиловас рахъарал суратазул персоналияб галерея. «Инсан хвезе вижарав вуго. Дица гьел суратал цадахъ инаро, гьединлъидал пикру ккана гӀемерал соназ дунго хӀалтӀараб бакӀалъе дир ирс сайгъат гьабизе», — ян бицана тохтур-художникас. Галереялъул къадазда чӀван руго цадахъ хӀалтӀарал тохтурзабазулги, медицинаялъул гӀалимзабазулги, низам цӀунулел идарабзул хӀалтӀухъабазулги, машгьурал шагӀирзабазулгун хъвадарухъабазулги, политикиялгун жамгӀиял хӀаракатчагӀазулги, СССРалъул, Россиялъул ва Индиялъулгицин актеразулгун кочӀохъабазул суратал. Берцинго къачӀараб галереялда тӀоритӀула тохтурзабазул данделъаби, кьола студентазе дарсалги. «Анкьнусгониги сурат бахъана дица. Киназего бакӀ гӀечӀо галереялда. ГӀемерал гӀадамазе сайгъатги гьаруна гьел. Кьуна ралъдал рагӀалда бугеб Реабилитациялъул централъеги гӀагараб росдаеги», — ян абуна МухӀамадица.
ДРялъул мустахӀикъав тохтур М. БахӀричиловас исана тӀубазе буго 90 сон. Гьездаса 65 сон кьуна гьес дагъистаниязул сахлъи цӀуниялъе. «Араб гӀумруялдаса рази вуго дун. Дихъа бажарараб кумек гӀадамазе гьабулаго ана гьеб. Цадахъ рукӀана гӀаданлъи бугел, лъай камилал ва лъикӀлъиялъе гьарзаял гӀадамал», — ан абуна гара-чӀвариялъул ахиралда тохтур-художникас.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА

