13 маялда тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул анкьабилеб ахIиялъул 56-абилеб данделъи. Гьеб нухда бачана Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеровас. Гьенив ДРялъул ХIукуматалъул председательлъун вищана МухIамад Рамазанов.
Депутатазда цеве кIалъазе вахъана ДРялъул бетIерасул ишал заманаялъ тIуразарулев Федор Щукин. Гьес бицана М. Рамазановасул хIакъалъулъ. «Нухмалъиялъул рахъалъ кIудияб хIалбихьи буго МухIамад Исрапиловичасул. Гьев хIалтIана рагъулалгун гражданиял хъулухъазда, вукIана РФялъул президентасул вакилазул заместительлъунги. Гьел хъулухъазда вукIаго, М. Рамазановасе щвана пачалихъияб нухмалъиялъулги, ведомствабазда гьоркьосел бухьеназулги рахъаз лъикIаб хIалбихьи. Республикаялда ккараб тIабигIияб къварилъиялъухъ халгьабулаго, гьес бихьизабуна ишалъулаб бербалагьиги масъалаби тIуразаризе бугеб бажариги».
Фёдор Щукинил пикруялда рекъон, МухIамадица хIалтIи гIуцIула республикаялда гIумру гьабулел гIадамазулгун щулияб бухьенги чIезабун, кIваркьун гIенеккула гьев гIадамазул хитIабазухъ ва жигараб хIаракаталда тIуразарула ракьцоязул къваригIелал. «Дагъистаниязе хIажат руго чIванкъотIарал хIукмаби, хIукумат халкъалъе рагьараблъун букIин, хIакимчиясул жавабчилъи ва церечIарал масъалаби заманалда тIуразари», — ян абуна Ф. Щукиница.
Рехсана гьес тIоцебесеб иргаялда республикаялда церечIарал масъалабиги: гIадамазе хIалтIизе бакIал чIезари, экономикагун социалияб рахъ церетIезари, инфраструктура цIигьаби, миллиял проектал гIумруялде рахъинари, хасаб рагъулаб операциялъул гIахьалчагIазегун гьезул хъизамазе кумек гьаби, гьединго — республикаялъул нухмалъиялъул щибаб бутIаялда кьварараб низам букIин. «Халкъияб Собраниялъулги, пачалихъияб нухмалъиялъул щибаб идараялъул хIакимзабазулги цолъараб хIаракаталдалъун гьел масъалаби тIуразарун бажариялда ракIчIола дир», — анги абуна ДРялъул бетIерасул ишал заманалда тIуралес.
Жинда гьабулеб божилъиялъухъ ДРялъул ХIукуматалъул председатель МухIамад Рамазановас баркала кьуна Ф. Щукиние. Хадуб гьадин бицана: «Республикаялъул халкъалдаги власталъул хIалтIи рукIалиде бачIиналде хьул бугевщинав чиясдаги цебе дир кIудияб жавабчилъи бугеблъи бичIчIула дида. ХIалтIулъ нилъеца мугъчIвазе буго цебеккунисеб хIалтIул хIалбихьиялдаги, Дагъистаналъул ругел ресаздагун сурсатаздаги. Дица хIаракат бахъила гIадамазе загьираб куцалда, ракIунтарал гьезул масъалабазул кьучIалда республикаялъул хIукуматалъул хIалтIи гIуцIизе», — ян.
ГьабсагIаталда цебечIараб аслияб масъалалъун МухIамадица рехсана тIабигIияб балагьалъул хIасилалда ккараб зарал бецIи. «Федералиялгун регионалиял хъулухъаз гьеб рахъалъ гьабулеб хIалтIи сордо-къоялъго къотIулеб гьечIо. Къварилъи ккаравщинав чиясе щвезе ккола кумек», — ан абуна гьес.
Аслиял масъалабазда гьоркьоб рикIкIуна М. Рамазановас СВОялъул гIахьалчагIазегун гьезул хъизамазе, кIудияб ригьалъул гIадамазе, сахлъукъазе ва захIматаб хIалалде ккарал дагъистаниязе социалияб кумек гьабиги.
«ХIурматиял депутатал! Республикаялъул социалиябгун экономикияб гIумруялда гIемер масъалаби руго тIоцебесеб иргаялда тIуразаризе тIадал. Амма бищунго аслияллъун дида рихьула гIадатияб халкъалъул ракIунтизабурал суалал. Гьединаллъун ккола нухал, токалдалъунги лъедалъунги хьезари, медицинаялъул кумек щивасе хехго щолеблъун гьаби, школазегун лъималазул ахазе, цогидалги социалиял идарабазе минаби рай. Гьеб рахъалъ гьабураб хIалтIухъ балагьун къимат кьола халкъалъ власталъул хIаракаталъе. Гьединлъидал нилъеда тIадаб буго, цебетIей хехлъизабизе гуребги, халкъалда якъинго рихьулел хIакъикъиял хиса-басиял гьаризеги», — ян депутатазде хитIаб гьабуна М. Рамазановас.
Гьел ва цогидал масъалаби тIуразариялъе санагIатаб нухлъун гьес рехсана Республикаялъул хIукуматалъулги, Халкъияб Собраниялъулги, муниципалитетазулги цадахъаб хIаракат ва РФялъул президент Владимир Путинил квербакъи.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул тIолго депутатаз цокIалго гьаракьги кьун, МухIамад Рамазанов тасдикъ гьавуна ДРялъул ХIукуматалъул председательлъун.

