Новость на родном

Жакъасеб къоялъул хIакъикъат

Лъимал  чияраллъун рукIунаро Гьабураб лъимер рехун тезе ккани, кинаб ракI букIине кколеб? КьогIаб хIакъикъат МахIачхъалаялъул ГIахъу­шия­сул къотIноб бугеб № 34 минаялда аскIоб, кьишни жанибе базе лъураб къолода гIагарлъухъ, къаси сагIат 11 тIубараб заманалда, ХIусенова Хадижатида батун буго, чIартилъ жемараб, гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Лъимадул гIодулеб гьаракь рагIун тIаде ккун йиго Хадижат. «Хехаб кумекги» ахIун, лъимер...

Новость на родном

Бикъарас бецIила

Дагъистаналъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана 2013-2017 соназда жагъалал минабаздаса гIадамал гочинариялъул хIакъалъулъ республикаялъулаб программа гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ   Данделъиялда кIалъалаго, ДРя­лъул ралел бакIазул ва ЖКХя­лъул министр Малик Баглиевас абуна: «Рехсараб программаялда рекъон, 2013-2017 соназда республикаялда бан буго 116 гIемертIалаяб мина (10125 чи гочинавизе 3275 рукъ). Жагъалаблъун рикIкIун буго гIаммаб къагIидаялда 135 азарго квадратияб метр бугеб...

Новость на родном

Нухал

13 къватIги къачIазе буго МахIачхъалаялъул къватIал къачIалаго, тIокIлъизабуна 33 млн гъуруш «ХIинкъигьечIел ва лъикIал нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, тахшагьаралда къачIана къватIал. Гьеб хIалтIи гьабулаго, тIокIлъана 33 млн гъуруш. Гьелъухъ жеги къачIазе буго МахIачхъалаялъул 13 къватIилан бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Рамазан Жапаровас. КъватIал къачIан рахъинаризе ккола 20 октябралде.ДРялъул бетIерасе хIисаб кьолаго, Жапаровас...

Новость на родном

Къецазул хIасилал

Рокьула цIализе Расулил кучIдул «ХIакъикъат» газеталъ лъазабун букIана магIарул мацIалда кучIдул рекIехъе рикIкIиналъул къец Гьал къоязда жюриялъ, анкьго номинациялда рекъон, Расул ХIамзатовасул кучIдул рикIкIиналъул къецазул хIасилал гьаруна:1) Шагьаралъул цIалдохъаби. 2) Росдал цIалдохъаби.3) Студентал.4) Школалде инчIел лъимал.5) ЧIахIиял.6) Редакциялъе рекIее гIурал.7) Лайказул (интернеталдасан гьаркьал кьей) къадара­лъухъ балагьун.Конкурсалъул жюриялда рукIана магIарулазул шагIир, Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан ТубхIат...

Новость на родном

Хьул бижана

Ахир-къадги… Дело битIизе буго Россиялъул цIех-рехалъулаб комитеталъул (СКР) централияб аппараталде РФялъул цIех-рехалъул комитеталъул (СКР) Дагъистаналда бугеб цIех-рехалъулаб управлениялъул председатель Сергей Дубровиница лъазабуна, 17 сон барав Наби ва 19 сон барав ХIасанхIусен ХIасанхIусеновал чIваялда бан рагьараб уголовнияб делоялъул цIех-рех гьабизе бу­гин Москваялда. Гьедин гьабиялъе гIиллалъун ккана 24 сентябралдаса нахъе ХIасанхIусеновазул эбел-эмен тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъин. Гьез...

Новость на родном

Учитель, дур цIаралда цебе…

Байрамкъоялде рижарал пикраби   Валлагь, гьал учительзаби рукIун ругел хIалихьатал чагIиха! Пикру гьабеха, ришватчилъи нилъер улкаялда байбихьана учительзабаз. БожичIони, балагье официалияб статистикаялъухъ! РФялъул Верховный Судалъул председатель Вячеслав Лебедевас 2012 соналда гьабураб судазул делабазул хIасилалда рекъон, «Россиялъул ришватчагIазда гьоркьоб тIоцебесеб бакIалда руго тохтурзаби (гьелда бан судалде гъоркье ккаразда гьоркьоб тохтурзабаз ккола 22 процент) ва кIиабилеб бакIалда...

Новость на родном

Сордо халалъунин дунял рогьинчIого чIоларо

ЛъикIаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгIияталъеги пайда гьабула   ЛъикIаб иш гьабидал, разилъизеги бачIуна, ракIги бохула. Гьабураб лъикIлъи гIададаги холаро. Аллагьасдаги кIочон толаро лъикIлъи гьабулел. Ракьалда лъикIлъи бекьулев чи хIакъикъаталдаги талихIав чи вуго. Жакъа дунялалда щвечIониги метер ахираталданиги гьелъухъ шапакъатги щола. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магIна): «Гьаб дунялалда лъикIлъи гьабурасе данде бецIизе буго гьединабго...

Новость на родном

Пресс-конференция

14 азарго дагъистанияс борхана хIеж «Дагъистан» РИАялда тIобитIана хIежалъул компанияз хIалтIул хIасил гьабураб данделъи Журналистазул суалазе жавабал кьуна республикаялъул Диниял идарабазулгун бухьенал гьариялъул комитеталъул председателасул заместитель Расул ХIажиевас ва «Марва-тур» ОООялъул генералияв директор Булат Къурбановас.Исана, квотаялда рекъон, хIеж борхана 9600 дагъистанияс. ГIаммаб къагIидаялда босани — 14 азарго чияс. ХIежалде гIадамал ине байбихьана 1 августалда, тIадруссун...

Новость на родном

Стратегия

Гьудуллъиялъул кьучI Жиде-жидер рахьдал мацI лъазабизе щивав чиясул ихтияр букIин киназдаго гуро бичIчIулеб бугеб Миллатал гIемераб Россиялъе халкъазул гьоркьоблъи цIуни букIана кидаго кIвар бугеб суаллъун. ГIурусазул машгьурав хъвадарухъан Л. Толстояс «ВуцIцIун чIезе кIоларо» абураб макъалаялда, 1908 соналда, хъвалеб буго: «Лъугьа-бахъиназул къуват материалиял шартIазда гуреб, халкъалъул рухIияб ахIвал-хIалалда бараб букIуна», — ян. Россиялъул халкъазул рухIияб ахIвал-хIал...

Новость на родном

ЦIалкIиниб лъим чIоларо

Пенсиялъул реформа ургъарав чиясул гьоркьохъеб моцIрол харж бахуна кIиго млн гъуршиде   РФялъул Финансазул министерствоялда цебе бугеб финансазул гIелмиял цIех-рехал гьарулеб институталъул (НИФИ) директор, 35 сон барав Владимир Назаровас кьучI лъуна пенсиялъул ригь цIикIкIинабиялъул хIакъалъулъ теориялъе. Рехсараб институталъул директорлъун гьев хIалтIулев вуго 2013 соналдаса нахъе. ГIанкIуялда малъарулеб «хоно» Алексей Кудринил квербакъиялдалъун 29 сон барав Владимир...