Ана, Дагъистан цIунеян аманатги гьабун

12 ноябралда Аллагьасул къадаралде щвана «Кунаки» фестивалалъул президент, журналист ва культуролог Сулиета Кусова

 

Къуватай, чIухIарай, берцинай, гIакълу гъваридай, Дагъистан цIакъ хирияй … . Жеги сон дандбалеб букIана тIадеялъул гьабизе бугеб хIалтIул, жеги сон рохун рукIана фестиваль гIуцIадго иналдаса. Лъалаан унтун йикIин, амма лъидаго бихьизе течIо. Унтул цIехедал, гьелъ абуна: «Дир рухI Дагъистаналда босизе хъван батани Аллагьас, биччанте гьеб гьедин букIине. Дун гьелда разияй йиго».
Унтухъ балагьичIого, тIобитIана фестиваль, тIоритIана гьалбал ва … ана… Ана сихIкъотIун, лъилго рахIатхвезабичIого, жиндир унти нахъбекизе букIиналда цогидалги божизарун.
Итни къоялъ гIумруялдаса ятIалъана Сулиета Кусова-Чухо, журналист, культуролог, «Кунаки» кинофестивалалъул президент.