МахIачхъалаялда тIобитIана «Дагъистаналъул меседилаб хасалихълъи — 2018» форум
«Гьудуллъиялъул рокъоб» тIобитIана республикаялъул росдал магIишаталъул хIалтIухъабазул, гIи-боцIухъабазул, хурухъабазул ва экономикаялъул кIвар бугеб гьеб бутIаялъул специалистазул данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул хIукуматалъул бетIер А. Здуновасги. Гьениб щибаб магIишатияб бутIаялъул вакилзабаз рихьизаруна жидерго къайиги нигIматалги. Жакъа газет-журналазул гьурмаздасанги телевидениялдасанги, кIалъазе яхъарай Сугъралъа доярка Зайнаб ГIабдулаевалъ абухъе, фермабазда, ахикь, хурир хIалтIулел гIадамазул захIматалъул хIакъалъулъ цIакъ дагь гурони хъвалеб, бицунеб ва рагIулеб гьечIолъи – гьебги батила ичIнусиялдасаги цIикIкIун чи гIодов чIолеб зал цIун букIиналъе гIиллаги.
Амма Дагъистаналъул хIукуматалъул председателасул заместитель-росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас церехъабазул цIарал рехседал, гIенеккараз гьеб ритIухъ гьабун хъатги чIвана. Гьезда гьоркьоре ккола овощал гIезариялда бергьенлъи босарав, 500-600 азарго тонна къватIисел пачалихъаздецин битIарав Дербент районалдаса КФХялъул нухмалъулев Аледин Абакаров, ГIахъуша районалъул «ГIалиханский» СПКялъул вехь АхIмад Куниев, щибаб лемагалда хадуб кьегIер цIунарал ва квас къунцIиялда чIел босарал гIухьби: ЛъаратIаса ГIабдулжалил ГIабдулкъадиров, Гумбеталдаса Муртуз Исламбиев, Хунзахъа МухIамад ГIубайдулаев, Кулиялдаса ХIажикъурбан АхIмадов, Хасавюрталдаса гIанкIаби гIезарулей Аминат Жамбулатова, Хелекьуриса ва Сугъралъа дояркаби Райгьанат МухIамадова, Зайнаб ГIабдулаева ва гIемерал цогидалги.
Кин бугониги, хIалтIулев чиясул къимат республикаялда гIодобеккун гьечIо. Ккезеги кинха телеб исана росдал магIишаталъул нигIматал гIезариялъулъ Дагъистаналъе чIахIиял бергьенлъаби щведал.
Жакъа росабалъ гIумру гьабулеб буго дагъистаниязул 55 проценталъ. Республикаялда гIезабулеб гIаммаб регионалияб продукталъул щуго бутIа гьабун цо бутIа ккола росдал магIишаталъул. ЗахIматалъул гьеб бутIаялда хIалтIул ригьалде рахарал гIадамазул буго 30 процент ва магIишатиял аслиял фондазул 12 процент.
Артем Здуновас бицухъе, Дагъистаналъул агропромышленнияб комплексалъул кIвар Россиялда тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Нилъер республикаялъул гIи-боцIухъанлъиялъул, бахчабазда гIезарулел нигIматазул рахъалъ, хIатта къватIисел пачалихъазде унеб гьанаде гIунтIунги, гIезабулеб цIолбоде щунги лъикIал хIасилал руго. Гьединал, лъикIаб рахъалде хиса-басиял рукIиналъе кьучIлъун букIана пачалихъалъ фермеразе ва цогидазе гIарцудалъун гьабулеб кумекги. Исана 9 моцIида жаниб агропромышленнияб комплекс цебетIеялъе биччан букIана 2102,1 млн гъуруш: федералияб бюджеталдаса — 1921,0 млн гъуруш. Исана гьал рехсарал магIишатазда гIезабураб регионалияб продукциялъул багьа бахунеб буго 76,9 млрд гъуршиде, ай гъоркьиса букIаралде дандеккун 102,1 проценталъ цIикIкIун.
ГI. ГIабдулмуслимовас бихьизабуна гIи-боцIухъанлъиялда гIумруялде рахъинарулел ругел проектазул цоялъул хIасилалда Россиялъ къватIисел пачалихъазде бичулеб гьанал 10,9 процент кколин нилъер гIиял гьан. Гьаб соналъул арал моцIазда Ираналде бичун буго 3300 тонна гIиял гьанал. Дагьал къояз цебе Москваялда, «Меседилаб хаслихълъи — 2018» выставкаялда, Дагъистаналъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялъул къайимлъиялде кколел магIишатаз къватIисел пачалихъазулгун гьезие тIадеялъул 800 тонна гIиял гьанал бичизе къотIи-къай гьабуна. Гьеб выставкаялда Дагъистаналъул гIияхъаби мустахIикълъана 53 медалалъе, гьезда гьоркьоса 38-яб ккола меседил.
Жакъа аслияб масъалалъун министрас бихьизабуна республикаялъул росдал магIишаталде инвестициял рачIинари. Гьеб рахъалъ гьабураб хIалтIул хIасилалда бизнесчи Игорь ГIисаевас загьир гьабуна Дагъистаналда чIегIербоцIи хьихьулеб комплекс базе бокьун бугилан. Гьеб мурадалда бизнесменас харж гьабизе буго 500 млн гъуруш гIарац. Гьединго бизнесчи Мухтар Давудовас хIукму гьабун буго 250 млн гъуруш багьа бугеб боцIи хъолеб комплекс базеги.
Министерствоялъул букIинеселде лъезе ругел галабазда гьоркьор руго Хасавюрт районалда «Теречный» ГУПалъул магIишаталъул кьучIалда тайпа лъикI гьабулеб ва хьон кьолеб центр гIуцIизе. Гьелдаго цадахъ хIалтIи гьабулеб буго Дагъистаналъул ипподром цIигьабизе ва ахалтекин тайпаялъул чуял гIезаризе. Дагъистаналда гIезарурал гьеб тайпаялъул чуял дунялалъул къецазда 12 нухалда рахъана чемпионаллъун.
ЦеречIарал масъалабазул цояблъун форумалда бихьизабуна росдал магIишаталъул техника цIигьабизе ккей ва гьелъие тIадеялъул республикаялъул бюджеталдаса 100 млн гъуруш лизингалде биччай. Гьелде тIадеги, жакъа республикаялъул магIишатазда ругел 20,7 азарго тонна росдал магIишаталъул нигIматал цIунулел складал гIоларого рукIинги хIисабалде босун, цIиял агрологистикаялъул бакIал разеги руго.
Министерствоялъ пикру буссинабулеб суал буго росдал магIишаталъул продукциялъул бакIалдаго гьабулеб къайи цIикIкIинабиялде. Щайгурелъул гьединаб къайиялъул къадар республикаялда жакъа дагьго гурони гьечIо: масала, гьанал — 12,1 процент, рахьдал — 12,5 процент, бахчабазул культурабазул – цо процент.
Форумалда кIалъана росдал магIишаталъул хIалтIухъаби гурелги гьелъул специалисталги. Бицаралъул хIасилалда форумалъул гIахьалчагIаз хIукму гьабуна республикаялъул росдал магIишаталъул захIматчагIаздехун хитIаб гьабизе. Гьединго хIалтIул церехъабазе кьуна хIукуматалъул ва министерствоялъул рахъалдасан сайгъаталги.
Киназего рекIее гIураб цIияб хабарлъун данделъиялда букIана росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министр ГI. ГIабдулмуслимов хIукуматалъул председателасул заместительлъун тIамиги. Гьев вуго Тимирязевасул академия лъугIун хадуб колхозалъул магIишаталда зоотехникасул хъулухъалдаса байбихьун, жиндирго лъаялдалъун ва бажариялдалъун гьеб кIудияб даражаялде вахарав инсан.
Зикрула Илясов