Январалдаса нахъе хIалтIизе буго тарихалъулаб телевидение
Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго тIадеялъул январалдаса нахъе аналоговияб (гьабсагIаталда хIалтIулеб бугеб) телевидениялъул бакIалда цIияб (тарихалъулаб) телевидение хIалтIизе биччазе букIиналъул хIакъалъулъ. Гьелъие хIадурлъиги нилъеца цебеккунго гьабизе кколеб буго. ГьабсагIаталда бугеб ахIвал-хIалалъулги, ругел тIалабазулги, гьаризе кколел тадбиразулги хIакъалъулъ мухIканаб баян нижее кьуна радиоялъулгун телевидениялъул сигнал кьолеб централъул (РТПЦ) нухмалъулесул заместитель ГIабдулагь МахIатIиловас.
— ГIабдулагь, РТПЦялъул аслияб хIалтIи щиб?
— Телевизоралдасан щиб бугониги бихьизабизе ккани, гьенибе бачIине ккола сигнал. Гьеб сигнал кьолеб къагIида буго кIиго – телевидениялъул вышкабаздасан ва спутникалдасан («Триколор», НТВ+). Дагъистаналда ругелщинал вышкабазул (219) хIалтIи тIубала нижеца. Спутникалъул хIалтIи тIубала «Роскосмосалъ», нижеда тIаде ккола спутникалде сигнал битIи ва гьениса гьеб къабул гьаби.
— Щибжо кколеб аналоговияб ва тарихалъулаб телевидение?
— Телевидение хIалтIиялъул гьанжелъизегIан букIараб ва гьабсагIаталдаги бугеб къагIида ккола аналоговияб, ай камералдаса ялъуни микрофоналдаса «синусалъул» хIисабалда сигнал (карачелал) уна телевышкаялде ва гьениса гьеб бачIуна телевизоралде. Телевизоралдасан цо канал бихьизе ккани, вышкаялда тIад лъезе кколаан цо передатчик, кIиго бихьизе ккани — кIиго, ай цо канал рикIкIун цо передатчик. Дагъистаналда гIемерисел районазда бихьизабула кIиго-лъабго, цо-цо бакIазда, гьезде тIаде Дагъистаналъул «РГВК» каналги. МахIачхъалаялда бихьизабула 16-17 канал. Гьелъие гIемерал передатчикал лъезе кколеб ва гьелда цадахъго унел сигналазул частотабаз цоцазе квалквал гьабулеб букIиналъ гьабсагIаталда хIалтIизабулеб къагIидаялъ, бугеб алаталъ рес кьоларо тIокIалъ цIикIкIун каналал рихьизаризе.
Гьединлъидал ургъун буго цIияб, тарихалъулаб къагIида – сигналал уна «импульсазул» хIисабалда, гьелъ рес кьола цIиял технологиял хIалтIизарун, цо передатчикалдасан телевидениялъул 10 ва радиоялъул лъабго канал къватIибе кьезе. Тарихалъулаб телевидениялъул буго кIиго лъикIаб рахъ. ТIоцебесеб, гьелъ рес кьола цIикIкIун каналал рихьизаризе. КIиабилеб, аналоговияб къагIидаялда ругони, станциялдаса рикIкIалъарабгIан тохлъула бихьизаби, экраналда лъугьуна гIазу балеб гIадинаб сипат-сурат. Тарихалъулаб телевидениялъул бихьи букIуна цо хIалалъул, кив мун вугониги (хIакъаб жо, сигнал босулебгIан бакIалда).
Бачина гьадинаб мисал, чода рекIарав дуца кигIан гьеб буханиги, жиндирго бажариялдаса цIикIкIараб хехлъиялда гьеб бекеризе рес гьечIо. Хехго ине бокьани, мун рекIуна машинаялда, батIияб сабаб гьечIо.
— Мисалалъе, лъица бугониги абулеб бугони гьеб къваригIун гьечIин, щиб ккезе бугеб?
— ГьабсагIаталда Дагъистаналда хIалтIулеб буго 164 тарихалъулаб станция, гьезул щибалда тIад лъола кIиго передатчик, щибаб передатчикалъги кьезе буго 10 канал (цоабилеб ва кIиабилеб мультиплекс). Мун шагьаралда яги росулъ вукIа, кибго бихьизе буго 20 канал. Гьел хIажат гьечIин абун чиги чIелищха. Гьеб ккола машинаялдаги рекIун гурев, гьакидаги рекIун инин дун росулъейин аби.
Гьанжесел телевизораз ккола цIияб, тарихалъулаб сигнал, басрияб телевизоразул гьечIо гьеб кколеб ва кьолеб къагIида. Гьединаб телевизор хисизе (ялъуни цIияб тайпаялъул босизе) бокьичIез лъезе ккола хасал приставкаби, гьеб мехалъ бихьула («Триколор», НТВ+ тарелкаби лъечIого) къоябго канал. Гьезул багьаги гьедигIан цIикIкIараб гьечIо (350-2000 гъуруш), лъезе захIматаб жоги гьеб гуро (токалъул розетка – антенна – телевизор).
— ЦIияб телевизорги гьечIев, приставкаги лъечIев, амма «Триколор» ялъуни НТВ+ тарелка бугев чиясда бихьизе бугищ гьеб къоябго канал?
— Буго. Базовияб блокалъухъ 1200 азарго гъурушги, жеги цIикIкIун каналал рокьани дагьабги гIарац кьун хадуб гьеб къогоялда тIаде гьесда рихьила жеги нус-нус каналалги, амма гьесда бихьизе гьечIо Дагъистаналъул «ГТРК» канал.
— ЦIияб приставкаялда цадахъ «тарелкаги» лъун бугони, гьез цоцазе квалквал гьабулищ?
— Гьабуларо. ТIадеги харж гьабун жеги цIикIкIун каналал рихьизе бокьаразе кигIан дагьабниги къварилъи гьечIо.
— Январалдаса хадуб тIадаблъун гьабун бугищ цIияб къагIидаялде рачIине ялъуни бокьарас бокьараб гьабизе ресищ тун бугеб?
— ТIолабго Россиялда, январь моцIалдаса хадуб, нусазарго ва цIикIкIун чияс гIумру гьабулел шагьарал хутIун киналго бакIазда къазе буго аналоговияб телевидение.
— Гьеб къан хадуб, цIияб тайпаялъул телевизорги гьечIев, приставкаги лъечIев, «Триколор», НТВ+ тарелкаги рекъезабичIев чи щиб хIалалда хутIилев?
— Кинаб хIал букIинебали лъаларо, амма гьесул телевизоралъ щибго бихьизабизе гьечIеблъи мухIканаб буго. Гьев релълъина автостанциялдеги ун, автобус-маршруткаялдаги рекIинаро, дун чIела пайтун бачIинегIан абун вугев чиясда. Пайтунал хьвадулеб заман ана, балагьизе ккола церехун…
ГIабаш ГIабашилов