Баркалаялъул кагъат

ГIинкълъи — рогьо гуро

 

Ветеранал  рази руго Шамилидаса

КIудияб ВатIанияб рагъу­л гIа­хьал­чагIи ГIалигIумар Мур­та­за­гIалиевасул, Любовь Левченкол, Нияз Велиевасул ва Зайнудин ГIисакъовасул цIаралда редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Ниж киналго ккола гIинда бакIал херал-ветеранал. Чамалиго сон буго гIинда балеб аппарат букIине кколедухъ хIалтIуларого. ХIалалъ рилълъун, ине кколаан гьеб къачIалев ва рекъезабулев специалист валагьизе, амма гьеб махщалил устар валагьи буго цIакъ захIматаб масъала. Аллагьасе рецц, 2016 соналдаса нахъе гьеб къварилъи нижеда тIаса босана «Память поколений» абулеб фондалъул специалист Шамил ЧIинкIовас. Гьес балагьула нижее дандекколеб аппарат ва рекъезабула гIинда. Зама-заманалдасан, «БацIцIадаб гьаракь» абулеб централдаса къваригIунел алаталги росун, вачIуна нижехъе рокъове гIинда ралел аппаратазул хIалтIиялъул халгьабизеги. Ниж цIакъ рази руго Шамилица гьабулеб кумекалдаса. Гьесул нижее бищунго бокьулеб хасиятги ккола херал чагIаздехун букIунеб недегьлъи, бицунеб рагIиялъул хIеренлъи, гIинкъал чагIазе кумек гьабизе гьес бахъулеб жигар. Шамил вуго жиндирго хIалтIи лъалев ва гьеб бокьулев чи. Бокьун буго меседил кверазул устар Шамилие ва гьесие битIараб тарбия кьурал гьесул эбел-инсуе ракI-ракIалъулаб баркала кьезе», — ян.
Шамил ккола Гъуниб района­лъул Къородаса. Дагъистаналъул политехникияб университета­лъул радиотехникияб факультетги лъугIизабун, хIалтIулев вуго МахIачхъалаялъул Гоголил къотIноб бугеб «Арника» абулеб поликлиникаялда слухопротезистлъун. Гьес хасаб аппараталдалъун халгьабула чиясда кин рагIулебали ва, гьелъул хIисабги гьабун, щивасда дандеккезарун, рекъезарула гIинда ралел аппаратал. КъачIала хварал ва басралъарал.
— Шамил, босизе щолищ гьаб заманалъул гIинда балеб бокьараб аппарат, гьезул багьа кигIан букIунеб?
— Багьа бараб букIуна аппараталъул къуваталда. Масала, бищунго гIадатияблъун рикIкIунеб «Иток У-01» аппараталъул багьа 4500 гъуршиде бахуна, тримерниял цифровиял аппаратазул багьа букIуна 8-12 азарго гъуруш. Бокьараб программа жаниб лъезе рес бугел аппаратазул багьа 120 азарго гъуршидеги бахуна.
— ГIинда ралел аппаратал инвалидазе хIукуматалъ чIорого кьоларищ?
— Кьола, амма гьел чIорого щвезе ккани, инвалидаз гIемераб гIетI тIезе ккола. Цо идараялда аппаратал чIорого щолел инвалидазул сияхI гьабула, цоги идараялда иргаялда чIезе ккола, лъабабилеб идараялде гьел росизеги ине ккола. Гьелъ инвалидазул ццим бахъинабула, заман чIвала, гьединлъидал дагьабниги рес бугес, жинцаго гIарацги кьун, босула аппарат.
— Аппаратал чIорого кьолеб бакIалдаги хIилла-рекIкI камуларилан бицуна…
— Дагъистаналда киб бугеб гIарцуда сверун хIилла-рекIкI камураб бакI? ХIукуматалъ чIорого кьурал аппаратал рекъезаризе ва къачIазе дихъе рачIарал инвалидаз гIажаиблъи гьабула дир гьанир гьелго аппаратал кIиго-лъабго нухалъ учузаб багьаялда ратидал.
— Шамил, гIинда бакIал чагIазда щиб малъилеб, кинаб гIакълу дуца гьезие кьелеб?
— ГIинда бакIал цо-цо чагIи, нечон, аппарат бачIого чIей мекъи буго. Жакъасел аппаратал лъола гIинда жанир ва лъикI балагьани гурони, гьел рихьуларо. Гьездаса инкар гьабуни, къобахъанагIан гIинкълъиги цIикIкIуна.
Цогидаз кьураб аппараталдаса пайда босизе бегьуларо, специалистас балагьула щивасда дандекколеб аппарат ва рекъезабула.
Нури Нуриев