Нижер хIикматай ГIазра Гьадинал гIадамазул рухIияб берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял… 1 октябралда 60 сон бала нижер кIудияй яц, лъикIай гьалмагъ, 25 соналъ «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда кассирлъун хIалтIулей йигей ГIазра ХIамзатовалъ. Газеталъул коллективалъул рахъалдасан ракI-ракIалъ баркулеб буго гьелда гьайбатаб юбилей. ХIурматияй Аза! (нижеца гьедин абула ГIазрада). Гьарула дуе халатал саназул сахаватаб гIумру. ГIумруялда гIаданлъиялъулги намусалъулги...

