Рилълъанхъизеги лъазе ккола

ТIилазги кумек гьабула сахлъи щула гьабиялъе

 

Каспийск шагьаралдаса АхI­мад Шапиевас редакциялде битIун бачIараб кагътида цIе­хо­леб буго: «Ахираб заманалда ша­гьара­лъул парказда рихьула тIи­лалгун хьвадулел гIадамал. Лъазе бокьилаан инсанасул сахлъиялъе гьеб къагIидаялъ рилълъанхъиялъул щиб пайда букIунебали», — ян.
Гьаб суалалъе жаваб кьуна спортивияв тохтур ХIусен Мажидовас.
ТIилазул кумекалдалъун ри­лълъан­хъиялъул къагIида ургъа­ралъухъ баркала кьезе ккола фи­назул лыжниказе. Гьездасаги це­бе, сапарчагIаздаги халлъана, тIил­ги гIунтIун рилълъанхъани, чер­халъе бигьаго букIунеблъи.
Къоабилеб гIасруялъул 80-абилел соназда финазул къагIидаялда хьвади Европаялда сиялда бу­кIана. Гьеб къагIида Россиялда бай­бихьана 2010 соналдаса нахъе, Дагъистаналдайин абуни, гьанжего гьанже тIатун буго.
ГIемерисез гьеб къагIидаялъ рилълъанхъиялда абула скандинавазул яги шведазул рилълъанхъийиланги. Гьеб къагIида рикIкIуна кьаралъи биунеб хьвадилъун. Гьелъ хIалтIизе тIамула черхалъул ччорбазул 90 процент. Хьвадулеб заманалда цIикIкIуна бидулъ кислород ва къваригIел гьечIел калорияздаса черх эркенлъула. Ччорбал къвакIула, цIи­кIкIуна чорхол хIалтIул даража.
Лъалеб жо буго тIилазул кумекалдалъун рилълъанхъиялъ унтараб мугъзагьод, махIабазул ва кверазул рекарал рукьбузул ругънал рукIалиде ккезариялъе кумек гьабулеблъи. Гьеб рилълъин бихьизабун буго гьуърал унтаразеги, инфаркт ккаразеги, бидурихьазул жагъаллъи бугезеги.

ТIилалгун рилълъанхъизе лъикIаб гьечIо:

• Унти цIикIкIиндал.
• Бидул тIадецуй букIин ва стенокардия тIатиндал.
• РекIел ва бидурихьазул, гьединго гьуъразул хIалуцин цIи­кIкIиндал.
• ЗахIматаб тромбофлебит тIа­тин­дал.
• Рукьбузул ва ччорбазул унти цIикIкIиндал;
• Гриппалъ унтун ругони.

Лъие пайдаяб бугеб?
Ригь арал чагIазе гьеб ри­лълъан­хъи цIакъго пайдаяблъун рикIкIуна. Гьелъие къваригIунаро кинабгIаги хIадурлъи. Рилълъан­хъи рекъезабула черхалъул хIа­лалде балагьун. Тренировкаялъул заманалда чара гьечIого бидул кьа­биялда хадуб халкквезеги кко­ла.
1. Ригь арабгIан, чорхолъа кальций унелъул, рукьби хехго рекулеллъун лъугьуна. ТIилалгун рилълъанхъиялъ гьел щула гьарула.
2. Гьеб рилълъанхъи лъикIаб­лъун рикIкIуна тIуртIудиялъул унти бугезеги, инфаркталъ ва инсульталъ кIвекIаразеги.
Рилълъанхъи байбихьилалде чара гьечIого багъа-бачаризабун, черх рукIалиде ккезабизе ккола. Упражнениял гьаризе ккола ригьалъухъ ва сахлъиялъухъ балагьун.

ТIилал тIасарищулеб къагIида

Гьелъие ургъун буго гIадатияб ва киназего дандекколеб формула: чорхол борхалъи × 0,67 = тIилазул халалъи. Масала, чорхол борхалъи 160 см. × 0,67 = 107 см. тIилазул къваригIунеб халалъи. ТIилалги рукIуна лъабго батIиял:
1. Хисулареб халалъиялъул;
2. СукIулел;
3. Телескопикиял, ай халалъи рекъезабулел.
Бищунго гIадатиял ва учузал ккола хисулареб халалъиялъу­л тIилал. Телескопикиял ккола са­на­гIатал, халалъи рекъезабизе бе­гьулел, амма хириял. СукIулел тIилаз ккола гьитIинаб бакI, амма гьезда тIубанго божизе бегьуларо.

Малъа-хъвай

Кваназе ккола тренировка байбихьилалде 3-4 сагIаталъ цебе. Рилълъанхъулаго, дагь-дагьккун лъим гьекъезеги лъикIаб буго, гьелдалъун чорхолъ лъугьунел хиса-басиял хехлъула.
Нури Нуриев