МахIмудги Муиги – ансадерил сценаялда Шамилхъалаялда актераз бихьизабуна лирикияб драма Спектакль бихьизабуна ХъахIаб-росулъа МахIмуд гьавуралдаса 145 сон тIубаялъул хIурматалда. Гьелъухъ балагьизе рачIарал магIарулазда иргадулаб нухалда рагIана ракьцоясул гIищкъул къисаги цоцазухъ рокьи ккарал, амма къадар хъвачIел гIащикъазул къваридаб къисматги. Гъансинир рокьул кучIдул гурони гьечIев «тIурччибухIил» васасул рекIел асаралъул сан гьабичIо пачаясул аскаралда офицерлъун вукIарав Бекьилъа ХIасанил...

