Новость на родном

Къуват — цолъиялъулъ

Нилъер гьаракь рагIизелъун   ХIажат бугищ нилъее Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс? «Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс» (РКНК) абураб тIолгороссиялъул цолъи гIуцIана 2007 соналда. Гьебги, аслияб къагIида­ял­да, дагъистаниязул хIаракатал­да­лъун. Дицаги дида цадахъ ру­кIарал цо чанго чиясги гьеб хIаракаталда гъорлъе цIана ча­ча­назулги, ингушазулги, асатIи­назулги, адыгазулгун кабарди­назулги ва гъарачаязулгун бал­каразулги миллиял гIуцIаби ва Мос­кваялда тIобитIана тIоцебесеб съезд. Гьелда гIахьаллъана...

Новость на родном

ХитIабалда тIасан пикраби

Нугъаялдаса гьанги Унсоколоса ахбазанги Дагъистаналъул лъалъазе кколеб ракьалъул 120 азарго гектар лъалъалебго гьечIо Экономикиябгун социалияб гIумруялъул хIакъикъат бичIчIулел специалистазул цо-цояз абула Дагъистан цебетIезе ккани, чара гьечIого кIвар кьезе кколин ункъо бутIаялде: росдал магIишаталде, энергетикаялде, туризмалде ва транспорталде (гIорхъода рукIинги, хинаб ралъдал рагIаллъиги хIисабалде босун). Ункъабго бутIаялъул руго жидее хаслъи бугел щулиял кьалбалги (+), руго кьучI...

Новость на родном

БацIцIадаб лъим — ургьисалабазе дару

Инсанасул чорхолъ киналъулъго гIахьаллъула ургьисалаби   Дунялалда вуго ургьисалабазул батIи-батIиял унтабаз унтарав 850 миллион чи. Ургьисалабазул халатбахъараб унтиялдалъун цо лъагIалида жанив дунялалда холев вуго 2,4 миллион чи. Жакъа Россиялъул халкъалъул анцIго процент, ай 14 млн (Дагъистаналда 4000) чи унтун вуго ургьисалабазул халатбахъараб унтиялъ. Гьелъул хIасилалда Россиялда щибаб соналъ 41,5 азарго чиясе инвалидлъи чIезабулеб буго.Ургьисалабазул унти...

Новость на родном

Халкъияв тохтур

Дагьал церегIан къоязда гIумруялдаса ватIалъана Ибрагьим Ибрагьимов   ГIадамазул рекIелъ памятник бана Инсанасул рухIияб ва моралияб сипат-сураталъе хIалтIизабулебщинаб рагIи абизе бегьула, Ибрагьим Ибрагьимовасе къимат кьолаго. Амма гьебмехалдаги гьесул рекIел гъварилъи, гIамалалъул берцинлъи ва хасияталъул рекъонккей цогидав чиясе рагьун бажариларо, дир пикру пикруялда. Нухмалъулесе хасиятаб гIамалалда цадахъго гьев гьайбатав инсанасулъ рессун руго гIадатияв инсанасул тIолалго гIамалалги.Гьалмагъзабазда...

Новость на родном

ТIабигIат – ихдалил кверщаликь

Оцбаялъул байрамалъ ракIал гIагар гьаруна   Умумуз абулаан магIарухъе их оцазул лълъурдуздаги бухьун бачIунилан. БачIуна гьеб жиндирго хасаб гогьлъигун, берцинлъигун. Жиндирго «гIамал» бихьизабичIогоги толаро гьелъ. Гьале исанаги ихдалил тIоцересел къоязго гIазуца хъахI гьаруна мугIрузул тIогьал. ГIажаибаб асар гьабула ихалъ тIубараб тIабигIаталъего. Гьелъ сверухълъиялъего рачуна хасал бакъналги — цин гIенеккизарула мугIруздаса чвахун рачIунел иццазул сариназухъ, цинги...

Новость на родном

Гьунар тIокIазе рагьарал нуцIби

Пагьму бугел лъимал тIатинариялъе гIуцIараб проект   25 марталда ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здунов гIахьаллъана Гъарабудагъкент районалда бугеб лъималазул сахлъицIуниялъулгун лъайкьеялъул «Солнечный берег» централда республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул ва вице-премьерасул жигарчилъиялдалъун «Бинилект» лъайкьеялъул проект рагьиялъул тадбиралда. Проекталъул аслияб масъалалъун ккола пагьму бугел лъимал тIатинари ва гьитIинго гьел предпринимательлъиялде ругьун гьари. — Ниж гьаб проекталда тIад гIемер...

Новость на родном

Дуца «кьуралда» рекъон «кьола» дуеги

Сахлъи цIуниги буго бизнесалде буссинабун   КIиго учитель дандчIвани, абула, совещание байбихьулин, лъабгояв гIодовчIани -педсовет рагьулин. Тахшагьаралъул паркалда букIараб гьединабго «педсоветалда» АхIмад МухIамадовас бицана: «Жакъа МахIачхъалаялъул поликлиникабазда гIадамазул сахлъиялъул цIех-рехал тIоритIиялъе саламатал шартIал гIуцIун руго. Гьебго заманалда, поликлиникабазул заведующиязул гIарз букIуна хIалтIул даража борхизабиялъе жидее гIарац гIолеб гьечIилан. ХIалтIулев щивав чи вухьинавун вуго шагьаралда гIумру...

Новость на родном

МацI цIунизе нигатгун

Рахьдал мацIазул учительзабазул республикаялъулаб конкурсалда исана гIахьаллъана 40 учитель   МахIачахъалаялъул №11 гимназиялда санайил тIоритIула шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацIазул бищунго лъикIав учитель» абурал къецал. Исана республикаялъулаб конкурс тIобитIана 19-22 марталда. Къецазда гIахьаллъана 40 учитель, гьезда гьоркьоса — магIарул мацIалъул микьго учитель, киналго руччаби-учительзаби. Гьезул щияй мустахIикъай йикIана рецц-бакъалъе. ТIоцебесеб къоялъ гIахьалчагIаз кьуна дарсал. Дарсал...

Новость на родном

Огь, эбелалъул ракI..!

ЧарангIан къвакIарабги, квасквасгIан тIадагьабги, тIухьигIан бакIабги, нургIан гвангъарабги, сордогIан бецIабги, гьоцIогIан гьуинабги, рикIкIгIан кьогIабги…   Лъимер гIодидал, гIодулеб, гьеб гьимидал, гьимулеб. Букъараб заргIанасеб гьелъулъ бугеб гучги къуватги.Киниде къуларай чIужугIадан-эбел. Бугебдай ракьалда гьелъулалдаса берцинаб сипат, сунцадай борцунеб гьеб берцинлъиялъул багьа? Лъималазул хиялазулъ релъилъунги чIолеб, гьезул пикрабазе бакъ­лъунги гьимулеб, гьезул анищалгун дунял сверунги свакалареб эбелалъул рекIеда рекIунеб...