ГIабасил МахIамадил музеялда

Хун хадувги гьалбал камуларо шагIирасухъ гьоболлъухъ

 

МахIамад дида лъалаан гьев Москваялда Литературияб институталда цIалулеб заманалдасаго нахъе. Дунги цIалулев вукIана Мос­кваялъул кIиабилеб медициная­лъул институталъул аспирантураялда. Общежитие букIана институталда гIагарлъухъ. Дунги гIемер щолаан гьесухъе. Гьединго гьесухъ гьоболлъухъ рукIунаан батIи-батIиял рес­публикабаздаса шагIирзаби, хъвадарухъаби, драматургал. Гьез цоцазе цIалулаан жидерго асарал, цогидаз хъваралъул хIакъалъулъ гара-чIварулаан. Цо-цо гIолохъанал хъвадарухъабаз жалго реццулаан, цогидал какулаан.
ГIабасил МахIамадил букIана хасаб рукъ. Гьелъул магIна ккола шагIир кIудияб къадру-къиматалда вукIанин абураб. Гьесухъе щолаан ХIамзатил Расулги, Яков Козловскийги, институталъул ректорги ва цогидал машгьурал гIадамалги. Хасго гьесухъе гIемер рачIунаан гIолохъанал хъвадарухъаби. МахIамадица квербакъана гьезие адабияталъул кIудияб дунялалде жанире лъугьине. РакIалда буго гьес дип­лом цIунулеб къоги. Гьенив вукIана ХIамзатил Расулги. Гьес гьениб лъикIаб къимат кьуна шагIирасул махщелчилъиялъе. Гьелдаса хадуб шагIирас гIумру гьабулеб букIана МахIачхъалаялда. Цо заманалдаса шагIирасул гIумруялъулъ ккана киналго хIикмат гьарураб кIудияб хиса-баси — МахIачхъалаялда бугеб квартираги бичун, гьев вахъана гIагараб росулъе, ЛъагIилухъе. Гьениб гьес бана мина, гIуцIана магIарул адабияталъулги маданияталъулги музей. Рагьана гIажаибаб садакъа-тукенги. Гьениса чIобого босизе бегьулаан бокьарав чияс жиндиего бокьараб жо. Бокьарас гьениб лъезеги бачIунаан щиб-щибниги.
Дагьал церегIан къоязда магIарул шагIир Адам Аваравгун цадахъ дун щвана шагIирасул рокъовеги гьесул хабадеги. Нилъ киналго хвезе рижарал руго. Амма киназго гуребха ракьалда хвел гьечIел лъалкIал толел. Гьеб хвелгьечIолъи шагIирасухъе хвелалдего бачIун букIана.
ДандчIвай гьабуна шагIир хун хадубгицин гьесие мутIигIай Савдатица. Бихьулеб букIана гьелъул рекIелъ бугеб даим чучи гьечIеб пашманлъиги.
Гьалеха музейги. Гьеб ГIабасилас сайгъат гьабуна районалъе. Гьебги кIудияб сахаватлъи ккола гьаб заманалда. Районалъул администрациялъ гьенир тун руго хIалтIухъабиги — ГIабдусалам (музеялъул директор) ва Савдат. Амма хIалтIухъ щолеб мухь цIакъго мукъсанаб буго — ункъазарго гъуруш. Гьебги щибаб моцIалъ гуро щолеб. Хунзахъ районалда дагьал гьечIо ресалда ругел гIадамал. Бегьилаан гьелги музеялде щвезе ва материалияб рахъалъ кумек гьабизе.
Бихьулеб буго республикаялъу­л Культураялъулги Туризмалъулги ра­хъалъ министерствабазги, Хъвадару­хъабазул союзалъги гьелде кIвар кьолеб гьечIеблъи. ЛъазегIаги лъалебдай гьезда гьединаб музей букIин!? Заман щвана халкъияв шагIирасул ва драматургасул ирс хадусел наслабазухъе щолеб хIалалда хIалтIи гIуцIизе. Дунялалдаго тIоритIула жидерго шагIирзаби, художникал ва цогидалги машгьурал гIадамал ракIалдещвезарулел къоял. Масала, Россиялда гьел ккола Есенинл, Лермонтовасул, Пушкинил, Некрасовасул къоя­л. Гьанибго абичIого гIоларо — цIакъ бокьулаан ГIабасиласе, Лермонтовас гIадин расги ххан, суратал рахъизеги. Гьеб гьесда рекъезеги рекъолаан.
Щай бегьулареб ЛъагIилухъ ро­­сулъ санайил тIобитIизе ГIа­ба­сил МахIамадил къо ва ра­кIалде­щвезаризе гьесул асарал? ГIа­басиласул букIана цIакъ бечедаб гIумру. Гьединаб гIумру тIамизе киназухъаго гуро бажарулеб. Гьесул хвелгицин тIадегIанаб ва тIокIаб буго цо-цоязул гIумруялдаса. Гьев хвана, хвелгьечIолъиги ракьалда тун. Музеялда буго цо хIуби. Гьелдасан унел гвангъарал чIораз къалъи­забун букIуна сверухълъиго. Гьеб батизе буго шагIирас ракьалда тарал лъалкIазул кунчIиги гвангъиги. Гьенир рикIун руго шагIирасул гьал рагIабиги:

Дица дунялалда барабщинаб мех,
Унгоха, гьаб гIумру
ун батараб хех!

ГIабасил МахIамад мустахIикъав вукIана дагьабги кIудияб рокьуе ва адабалъе! ГIемерлъаги Дагъистаналъе гьединал гIадамал.

МухIамад ГIабдулхабиров