Новость на родном

8 февраль – ГIелмуялъул къо

Онкологиялъул унтаби гIемерлъиялъе гIилла   Дагъистаналъул щибаб районалда ва шагьаралда ругел шартIазухъ халгьабуна гIалимзабаз «ХIакъикъаталъул» редакциялде рачIун рукIана ДНЦялъул Физикаялъул институталъул гIалимчи-генетик, биологиял гIелмабазул кандидат, ДГМУялъул экологияб медицинаялъул НИИялъул отделалъул заведующий МухIамад Ражабовги ДГМУялъул клиникияб фармакологиялъул кафедраялъул доцент, медицинаялъул гIелмабазул кандидат, тохтур МухIамадрасул Атаевги. Гьез хIадурараб проект бергьана ДРя­лъул бетIерасул грантазе гIоло букIараб къецалда. Гьелъухъ...

Новость на родном

РитIучIазул нух

КъотIарал лълъурдузул цо кило бичула 10 азарго гъуршиде   Дагъистаналда гIезегIан руго ба­тIи-батIиял тайпабазул гIаммал ма­гIишатал (СПКял, агрофирмаби, ГУПал ва цогидалги). Гьездаго гьоркьоб буго хасаб хаслъи бугеб магIишатги — Алмахъ росдал «Алмахъский» совхоз (ООО). Гьенир хьи­хьула пантабазе гIоло (къиматал дараби гьаризелъун хIалтIизарулел лълъурдул) хасаб тайпаялъул ритIучIал. Гьединабго магIишат буго гIицIго Алтаялдаги (краялда ва республикаялда).Унтарал сахгьариялъе...

Новость на родном

Миллаталъул тIалабалда

МацI бугони — буго халкъ, мацI гьечIони — гьечIо халкъ 14 февралалда «Гьудуллъиялъул рокъоб» тIобитIана «Дагъистаналъул халкъазул мацIал цIуни ва церетIезари» абураб цIаралда гъоркь гургинаб стол Гьеб данделъиялда гIахьаллъана Пачалихъияб Д­умаялъул депутат, «Рахьдал мацIазул ассоциация» гIуцIиялъул нухмалъулев ХIажимет СапаргIалиев, ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумарова, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалей,...

Новость на родном

Кин йигей, магIарулай?

Саидал гIумруялъул гIидраялда Къисматгун къеркьезе къуват гIурай Гьаб макъала хъвалелъул, ракIалдещвана мунагьал чураяй эбел ХIалиматица дие бицунеб букIараб гIажаибго хIикматаб, цIакъ жинда божизе бачIунеб хабар. Гьеб жиндиеги жиндир эбел Сайгибатица бицанилан абулаан гьелъ:— Инсан вижулелъу­л, ТIадегIанас цин цебе бижулила гьесул къисмат. Гьелда лъалила вукIинесев бетIергьанасул анищалги, хьулалги, пикрабиги. Цинги къисматалъ тIасарищулел рагIула жиндиего рокьарал анищал,...

Новость на родном

Данделъи

ЛъикIал хIасилалги гIемерал масъалабиги СагIудиязул ГIарабиялдецин бегьула хер бичизе Халатбахъараб ракъдаллъиялъ ва цIакъго кIудияб гIатIилъиялда тIибитIараб гарцIалъ гIемерал квекIенал гьаруниги, гъоркьиса нилъер росдал магIишаталъ рихьизаруна лъикIал хIасилал. Гьелъие нугIлъи гьабула гьадинал баяназги: могьолал культурабазул (ролъ, пурчIина, пиринчI, цIоросаролъ) бакIарана 359,5 азарго тонна (пачалихъияб программаялъ бихьизабуралдаса щуазаргоялъ цIикIкIун), 173,3 азарго тонна цIолбол (2017 соналде дандеккун 103,4...

Новость на родном

ЧIухIула, Дагъистан, дур харбидалъун…

4 февралалда, имам Шамил хвараб къоялъ, гьесул хIурматалда батIи-батIиял тадбирал тIоритIи гIадатлъун лъугьун буго   ХIамзатил Расулил цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда, имам Шамилил цIаралда бугеб гуманитариял цIех-рехазул централъул хIаракаталдалъун, тIобитIана гьев миллияв багьадур, кIудияв инсан, рагъулав цевехъан, гIалимчи ва шайих ракIалдещвеялъулаб сордо.Хваралдаса 148 сон баниги, кинаб политика пачалихъалда букIаниги, кIочон толев гьечIо халкъалда жиндирго бахIарчияв,...

Новость на родном

Газалъул балагь

Лъица бикъулеб бугеб ва налъи бецIун бажариладай Дагъистаналъухъа?   ТIубараб анкьалъ Россия­лъул СМИяз бицана Гъарачай-Чер­ге­сиялдаса Арашуковал (васги эмен­ги) низам цIунулел идараба­зул хIалтIухъабаз кквеялъул хIа­къалъулъ. Бицунеб буго, 32 сон барав Рауп Арашуковас, Федерациялъул советалъул сенаторас, 30 млрд гъуршиде газ бикъун бугилан абун. Гьайгьай, гьес гьеб жинцаго гуро бикъараб, гьеб бикъана такъсирияб къокъа­ги гIуцIун. Гьелда гъорлъ рехсолел...

Новость на родном

Ракьалда лъалкiал

КIудияб хъизамалда талихIги гьарзаяб букIуна ХIинкъуге гIемерал лъимал гьаризе. Гьел гIемерлъанагIан, гьарзалъула рукъалъул талихI Гумбет районалъул МелъелтIа росулъ букIана рохалилаб тадбир – эбелалда байрам ва республикаялъ кьураб иргадулаб шапакъат баркизе данделъун рукIана лъималги, лъималазул лъималги, гIагарлъиги.— Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. РукIана нижер кIудияб хъизамалда захIматал къоялги, ункъо гъурушалъухъ 10 лъимер кваназабизе ккараб заманги. Рецц...

Новость на родном

КIвар бугеб суал

Рак унтиги сах гьабула Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда рак унти цIикIкIун буго 35 проценталъ 2017 соналда ругел баяназда ре­къон, Дагъистаналда ракалъ унтун вуго 4899 чи (2346 бихьинчи ва 2553 чIужугIадан). 2018 соналда, каранда рак унти бугин абун, хъвай-хъвагIай гьабун буго 578 чIужугIаданалъул, ай 100 азаргоялда гьоркьоса 150-ялъул (тIолабго Россиялдаго — 408-ялъул). Нилъер республикаялда соналдаса...

Новость на родном

31 январь — ювелиразул халкъазда гьоркьосеб къо

РакI меседилай устар Сакъатал гIадамаздаги малъула гIарцул тIагIалаби гьаризе Ювелиразул профессионалияб байрам баркизе мустахIикъал устарзаби гIезегIан руго нилъер республикаялдаги. Масала, гьединазул цояй ккола Наида МухIамадова.Инсуца жиндаго малъараб махщалие гьелъ ругьун гьаруна коляскаялда рекIун гурони хьвадизе бажаруларел сакъатал гIадамалги. Кверал гурелги, ракIги меседил буго Наидал. ГIарцул тIагIелал гьаризе малъа­ралъухъ гIарацги босуларо гьелъ. Чанго соналъ унтун больницабазда...