1847 соналда Кавказалъул рагъде витIана машгьурав гIурус хирург Николай Иванович Пирогов

Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул тарихалдаса

 

Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул букIана сахгьариялъул кIиго батIияб къагIида: дугIаялдалъун, сабабал хъваялдалъун ва цогидал къагIидабаздалъун унтарасе кумек гьабулел «тохтур»-дибирзабиги; даруял хурдул яги гьезул гьарурал дараби хIалтIизарулел «местIерал-хIакималги». МестIерзабазда лъалароан медицинаялъул теория ва сахгьарун бажарулароан жанисел лугбазул унтаби, амма гьезул лъикIаб махщел букIана рекарал, рорчIарал рукьби дандеккезаризеги хонжрол яги гуллил ругънал сахлъизаризеги.

Дагъистаналъул хирургия

Дагъистаналъул тарихалъул цIех-рех гьабурал гIурус гIалимзабаз тIадегIанаб къимат кьолеб буго халкъияб хирургиялъе. Н. Дубровиница хъвалеб буго: «Дагъистаналъул хирургазул — местIерзабазул махщалица хIикмалъизарула — гьечIо цониги ругъун, гьайгьай, хвалил ругъун хутIизегIан, мугIрузул медиказ сахлъизабичIеб ва унтарасе хадубккунги лазатбахъи гьабураб. Гьезул даруялдаса хадуб кинабгIаги сакъатлъи хутIуларо. БатIалъи гьечIо кинаб лъагIалил заман гьеб батаниги — цIа-кан бахунаро, гьава-бакъ хисунилан, цIунуларо ругъун.
Дагъистаналъул хирургаз ракьа тIубанго нахъе къотIулаан (ампутация) гIицIго сукIел бугеб бакIалдасан… Гьединал операциялги гьа-рулаан гIадатияб хонжроца, хехго, дагьабго гурони унти лъаларедухъ, ва гьелдаса хадубги ругънал лазатбахъиги букIунароан унтарасе. Дагъистаналда ккечIо, ракьа нахъе къотIанин абун, чи хвеялъул цониги лъугьа-бахъин, хасго операция гьабулаго», — ян.
XIX гIасруялъул 40-абилел соназда Дагъис-таналъул гIемерисел районазде щварав гIалимчи А. Неверовскияс хъвалеб буго: «Хурдузул кумекалдалъун магIарухъ цIакъ лъикI сахлъизарула къватIисел лугбазул киналго унтаби, хасго носол яги кьвагьулеб яргъидаса ккарал ругънал. Шамхаласул ракьазде гъорлъе кколеб Эрпели росулъа цо чиясул гьелъие букIана тIадегIанаб махщел. Гьесухъе ритIун рачIунаан магIарухъаги унтарал. Гьесул гьунаралъул хIакъалъулъ гIурусазда рагIараб мехалда, гьесухъе ругьун гьавизе витIана кIиго фельдшер. Гьез абулаан, гьесул малъа-хъваяздаса жидеда гIемераб жо лъанин», — ан.
БакIалъул тохтурзабазул лъикIаб гьунар букIана би къатIинабиялъе. Гьез ругънада тIаде балаан дагьабго цIам ва тIасан катан къалаан, «къотIараб бакIалда тIад къалаан чIурхIараб квас, аслияб къагIидаялда, гIиял; гьелъ хъанхъраялдаса хехго къатIинабула би.
БатIи-батIиял унтаби мугIрузул местIерзабаз сахгьарулаан, биги биччан. Гьеб биччалаан гIемерисеб мехалда унтулеб бакIалдасанго». «Квешаб» би цIцIузе гIемер хIалтIизарулаан горенжалги. Гьел риччалаан лъел цIа-рагIалъуре ва гьенибе бегьулаан квер, хIетIе яги чорхол цогидаб унтараб лага. Гьеб лъелъ толаан, биги цIцIун, горенжал жалго ратIалъизегIан.
Дагъистаналъул тохтурзабазда гьоркьов машгьуравлъун рикIкIунаан чанго местIер. Хунзахъа НурмухIамад (?-1832) – гьесул букIана жиндирго лаборатория. Гьенир батIи-батIиял хIалбихьиял гьарулаан гьес. Гьес дагъистаниязул мацIазде руссинаруна бакъбаккул авторазул медицинаялъул тIахьалги.
МохIоса Дамадан (хвана 1708 соналда), востоковед И.Крачковскиясул пикруялда рекъон, вукIана энциклопедияб лъаялъул гIалимчи, «гIараб мацIалда ругелщинал гIелмаби кодосев». Дагъистаналъул гIалимчи МухIамад-Саид Саидовас гьесда абулеб буго Дагъистаналъул математикаялъулги, астрономиялъулги ва медицинаялъулги гIелмабазе кьучI лъурав гIалимчиян. Дамаданица кIудияб лъалкI тана медицинаялда. Гьесда лъалаан гIараб медицина, хасго ХII-ХIII гIасрабазул гIалимзаби Абу-л Къасим аз-Заргьавилги, Ибн-ал-Байшарилги ва цогидазулги хIалтIаби. Гьес хIадурана дарабазул цIаразулги, хурдузул гьел гьарулел къагIидабазулги, органикиял гурел жалазулги чIагоял организмазулги хIакъалъулъ къокъаб справочник. Гьеб справочникалда цIар лъуна «Дамадан» абун ва гьеб таржама гьабун букIана Дагъистаналъул цогидал мацIаздеги. ГIемерал соназ гьелдаса пайда босана бакIалъул медиказ. Гьелъул цо-цо тIанчал цIунун хутIун руго жакъаги.
Медицина лъикI лъалаан Шамгъодаса РапигI-ХIажидаги (1863-1932), гьесда абулаан «гIелмудул ралъадилан». Гьесул монография рикIкIуна Дагъистаналъул медицинаялъул гIелмуялда лъалкI тараблъун. Гьеб хъван буго гIемерсонилаб хIалбихьиялъул кьучIалда.

Шамилил Имаматалда медицина

МагIарул пачалихъ – Имамат гIуцIарав ва гьелъие нухмалъи гьабурав Шамил-имамас (1834-1859) къадру гьабулаан халкъияб медицинаялъулги тохтурасул гьунаралъулги. Халкъалъул сахлъиялъул тIалаб гьабулаго, гьес гьукъана хъалиян бухIизеги гьекъел гьекъезеги. Къогониги ругъун рагъулъ щварав гьев (хвалчадул, носол, гуллил) гIемер ине кколаан мес-тIерзабазухъе. Кавказалъул рагъги лъугIун, Калугаялда гIумру гьабулев имамасе гьесул пристав А. Руновскияс гьадинаб суал кьуна: «Ругищ магIарухъ лъикIав тохтурин абизе бегьулел гIадамал? Гьез кин сахгьарулел унтарал? Гьез хIалтIизабулеб чIара-хьараб къагIида бугищ?», — ан.
МагIарул тохтурзабаз ругънал сахлъизарулел дарабазда гьоркьор тIоцебесеб иргаялда имамас рехсана местIер ГIабдул-ГIазизица (Шамилил вакьад) жиндир ругънаде бараб дару: 1832 соналда Генуб росдада гIагарлъухъ пачаясул аскариязулгун ккараб рагъулъ имамасул керен борлъун букIана тункIил хечалъ (цадахъго борлъун букIана гьесул гьуэрги). Ругънае хIалтIизабураб дару букIана хIеги, гIакдал нахги, пицIги жубараб мазь. Гьанибго абизе ккола, КIудияб ВатIанияб рагъда лъукъаразул ругънал сахгьаризе мазь ургъарав А. Вишневскийги Дагъистаналда гьавуна.
Шамилица бицухъе, мугIрузул цогидал дарабазда гъорлъе журазарулаан батIи-батIиял, гIицIго тохтурзабазда гурони лъаларел хурдул. Шамилил вас МухIамад-ШапигIица А. Руновскиясда бицана ревматизмалдаса сахлъизарулеб гIажаибаб мазалъул хIакъалъулъ.
Имаматалда къадруял тохтурзабилъун рикIкIунаан багвалазул Кванлъадаса МухIама, Кудалиса ХIусен-МухIама, ЧIохъа БитIулав, Къородаса Къебед-ХIажияв, Арчиса МухIамад-Бег, Гъуниса ГIали-Дибир. МагIарулал хьвадулаан гIурус тохтурзабазухъеги. Масала, 1849 соналда Шамилица наиб Ибрагьимие ихтияр кьуна вас гIурус тохтурасухъе витIизе.
1858 соналда, Россиялдаса тIадвуссарав имамасул кIудияв вас Жамалудин захIматго унтараб мехалда (гьесул туберкулез букIана – магIарухъ гьединаб унти жеги лъалароан), Шамилица чапар витIана пачаясул хъаладухъа машгьурав тохтур С.И. Пиотровскиясда хадув, аманатлъун гьенив тана лъабго муридги. Тохтур вачIана унтарасухъе, амма, унтуца «кьалбал риччан» рукIиналда бан, имамасул вас хвасар гьавун бажаричIо.
Тохтур МухIамад ГIабдулхабировас рехсолел руго некIсиял тохтурзабаз хIалтIизарулел рукIарал гьадинал къагIидаби: «МагIарул медиказ гIемер хIалтIизарулел рукIана халкъиял къагIидаби: цIикIкIараб белок гъорлъ бугеб диета; гъутIбузул макъар (тIанхал, пихъ, хурдул) гьалараб лъим; унтараб бакIалда цIорораб жо чIвай, рукIкIбузул терапия (рукIкIби гьарулаан пицIихIараб цIулал); унтараб бакI цIаялъ чIурхIизаби; би биччай, хIарщуца яги лъеца унти бахъизаби; биологияб рахъалъ жигарал тIанкIазда тIад гIарцул ва пахьул кепкал
чIвай; сахлъизарулеб тимар ва рахIат гьаби. Хасал дугIабазулги, сабабазулгун гьайкаразулги букIана психотерапияб кIвар».
МугIрузул тохтурзабаз ругънада жаниб лъолаан, нахги жубан гьарурал дарабазулъги ччун, биччизабураб катан; гьитIинаб лълъарал кесек лъолаан ругънал кIалтIа, гьенисан чороклъи къватIибе чвахизе. ГIодобиччан лъухьулаго, цIа-цIан ккезабулаан борчIарабги бекарабги логода; биххараб логода крахмалалъулъ ччураб катнида тIасан къалаан буртина; аскIор ругел рищалабазе зарал ккеларедухъ, унтараб ракьа щулаго чIоледухъ бухьунаан, цIулал тIилазда гьоркьобе ккезабун. Гьединаб катаналда абулаан абассиназул рухьен – гьелъ рес кьолаан жагъаллъараб рищи бигьагьабун хIалтIизабизе.
ГIалимазухъеги къадиязухъеги хъварал кагътазда Шамилица тIалаб гьабулеб букIана магIарулаз васазе суннат заманалда гьабиялдаги гIусал чуриялдаги хадуб халкквеян.
МагIарухъ рагьулел рукIана сахлъицIуниялъул стационаралги. Хьиндахъги, ХIотIочIибги, КIаратIаги госпиталазе кьун рукIана хасал минаби. Цо-цо бакIазда мажгитаздаго гьабулаан медицинаялъул кумек захIматго лъукъарал рагъухъабазе. Амма магIарухъ машгьурлъичIо больницаби, гьединлъидал тохтурасул кумек гьабулаан унтарасул рокъобго.
Кавказалъул халкъазул медицина гIелмияб медицинаялъулго даражаялде бахараб букIанин абулаан профессор Л. Оганесяница: «Гьез гьабулаан «трепанация черепа» абураб операцияцин…», — ан хъвалеб буго гьес. Гьел рагIаби ритIухъ гьарула гьадинаб лъугьа-бахъиналъ. 1854 соналда магIарулазухъе асирлъуде ккана Кавказалъул 10-абилеб мухъилаб батальоналъул поручик Сухумов. ЗахIматго унтарав гьесие, магIарул тохтурзабаз операция гьабун буго, ай ботIрол ракьа борлъун буго (трепанация черепа). Доб заманалда Европаялъул тохтурзабазцин цIакъ къанагIатго гурони
гьабулароан гьединаб операция. Гьеб гьабизе ккани, инсанасул ботIрол гIадалнахалъул анатомия гъваридго лъазе ккола.
Имаматалъул ТIадегIанаб пачалихъияб советалъул данделъабазда (диванханаялда) гIемер бицунаан унтарал ва лъукъарал сахгьа-риялъул хIакъалъулъ, масала, вабаъалъулги, къавудаялъулги, цIадул унтиялъулги. Кавказалъул рагъул заманалда гьел эпидемиял чанцIулго тIиритIана магIарухъ. ГIалимзабазухъе хъварал кагътазулъ Шамилица малъулеб букIана цIалдохъабазе диналъул кьучIазда цадахъго медицинаялъулги дарсал кьеян, щайгурелъул «гьелъул кIудияб пайда букIине буго гIицIго гьезие гуребги, тIолабго Дагъистаналъеги». Масала, мухIканго чIезабун буго, Дилим росдал мадрасаялда диниял гIелмабазда цадахъ медицинаги малъулеб букIараблъи. Дагъистаналъул гIалимзабазда лъикI лъалаан бакъбаккул улкабазул медицинаялъул литератураги. Гьезда гьоркьоб машгьурлъун букIана Ибн Синал (Авиценна) «Тохтурасул гIелмуялъул къанун» абураб кибго тIибитIараб хIалтIи. Гьеб буссинабун букIана Дагъистаналъул мацIаздеги.
Шамилил бечедаб библиотекаялда рукIана диниял гурелги, медицинаялъулги, философиялъулги, тарихалъулги тIахьалги. Къуватав тушманасде данде къеркьолев вукIаниги, имамасул жанисеб политикаялда кIудияб бутIа кколаан лъайкьеялъги, гIелмуялъги, сахлъицIуниялъги.

Николай Пирогов Дагъистаналда

1847 соналда Кавказалъул рагъде витIана машгьурав гIурус хирург Николай Иванович Пирогов. СалтIа росу сверун кколеб заманалда, гьес, стационарияб госпиталь гьечIониги, пайдаяб къагIидаялъ хIалтIизабулаан эфиралъул наркозги, рекарал рукьби цо хIалалда чIезаризе крахмалалъулаб катанкъайги ва ругъназда йод бахинги.
Чанги нухалда, Шамилил гьариялда рекъон, гьел «гIалхулазухъе» хьвадугеян командованиялъ лъазабун букIаниги, Н.Пирогов гьезухъе вачIунаан ва сахгьарулаан магIарулал. Роман Фатуевасул «СалтIа росу сверункквей» абураб тIехьалда бицунеб буго, наиб Махулавас инкар гьабунин наркозалдасаян, гьеб «шайтIабазул» бугинги абун. Н.Пироговас бахIарчияв магIаруласул бох къотIанин, кинабгIаги наркозги кьечIого. Операция гьабулаго, кодоб букIараб хирургасул хъухъадиро бекана… Сахлъун хадув, живго чIваялъул хIинкъиялъухъги балагьичIого, кIиго рекIаравгун цадахъ Махулав вачIана Темир-Хан-Шураве ва жив сахлъизавуралъухъ, Пироговасе сайгъат гьабуна Кавказалдаго машгьураб Амузгиялъул чармил гьабураб ракьа къотIулеб хасаб хъухъадиро. Гьеб хъу-хъадиро гьабсагIаталдаги буго Николай Пироговасул ватIаналда, Винницаялъул музеялда.
Пироговасул санитараллъунги, авлахъалда фельдшераллъунги ва ассистенталлъунги рукIана Дагъистаналъул местIерзаби. Гьезда гьес малъулеб букIана ругънал сахлъизарулел къагIидаби. ГIахъуша районалда хирургасул кумекчилъун вукIана Бутри росулъа МуртазагIали-ХIажи. Хадубккун гьев гIурус тохтурасда цадахъ Россиялде ана. Гьел кIиялго рукIана сверун ккураб Севастополалда 1853-1856 соназда Крымалъул рагъда. Гьениб дагъис-таниясда гIурус медсестрабаз абулеб букIун буго «кIудияб тIагъурилан» — гьесда тIад лъураб бухари-тIагъурги бихьун. Кумекчигун ватIалъулеб мехалда, Николай Пироговас гьесие сайгъат гьабула хирургасул алатазул гъутухъ. Хадубккун бутрисесул гIагарлъиялъ гьеб кьуна Дагъистаналъул гIагараб ракь лъазабиялъул музеялде, гьениб цIунун буго гьеб жакъаги.
Дагъистаналъул машгьурав местIер, Кудалиса МухIамадие Н. Пироговас сайгъат гьабуна медицинаялъул алатазул таргьа. Кудалисес гьеб гIемерал соназ хIалтIизабуна ва ирсилазухъе кьуна. Гьелги рукIана халкъиял тохтурзабилъун. ГьабсагIаталда Пироговасул медицинаялъул алатал лъун руго Кудали росдал гьоркьохъеб школалъул музеялда.
Н. Пироговас кIудияб къимат кьуна дагъис-танияз ругъназе гьабулеб дару-сабабалъе. Гьев гIажаиблъизавуна магIарулаз ботIрое гьарулел операциязги, кIващул къва-
чIинисаги ургьисалазулъаги ганчIал инариялъул къагIидабазги, ботIрол ругъналги рекарал рукьбиги сахгьаризе бугеб махщалицаги. Гьес абулеб букIана бакIалъул местIерзабазул кIудияб хIалбихьи бугин гуллил ругънал сахгьариялъе, къватIисел ругъназе дару гьаби Кавказалъул къавмазе щун бугин умумухъанго ва гьеб бугин инсухъа васасухъе кьолеб гьунарилан. Хирургасул баяназда рекъон, цогидал бакIазда тохтурзабаз лага нахъе къотIулеб заманалда, нилъер местIерзабазухъа гьеб сахлъизабун бажарулеб букIун буго.
Гьес битIараблъун рикIкIунаан, ругъналги бекараб бакIги сахлъизарулеб заманалда унтарав кьижизавиги гьесие рокъобго хъулухъ гьабиги.
Гьединлъидал Дагъистаналъул тахша-гьаралда Николай Пироговасул цIар кьураб къватIги машгьурав гIурус хирургасул,
хъвадарухъанасул, гIалимчиясул памятник букIинги, нижер пикруялда, ритIухълъи цIуни ккола.
ХIажи Мурад Доногъо