Балеб цIад, гьекъолеб чай…

12 августалда Сугъралъ тIобитIана чайдул кIиабилеб фестиваль

 

Сугъулдерица чай гьекъолеб куцги гьел гьелъул лъикIал устарзаби рукIинги гIемер лъикI лъала гьелгун дандчIваразда ва Сугъралъе щваразда. Араб гIасруялъул 30-абилел соназда чайдулгун ккараб бухьен-гьудуллъи щула гьабун гурони, сугъулдерица гьеб киданиги хвезе течIо, хадубккун телинги кколаро. Гьебги, батIи-батIиял данделъаби-тадбирал гьария­лъу­л­ъ гьениб цIикIкIараб хIалбихьи бу­кIинги хIисабалде босун, 2016 соналда Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал ХицIиб мархьухъ (колохъ), 1741 соналда Надир-шагьасул боязда кьаби лъураб майданалда бан бугеб «ВатIан» мемориалияб комплексалда тIобитIана тIоцебесеб чайдул фестиваль. Гьелъул программаялдаги рукIана чай гьекъея­лъул рахъалъ чемпионат, чаялъул батIи-батIиял тайпабазул халгьаби-хIалбихьи, музыкалиял церерахъинал, спортивиял къецал. ГIахьалчагIиги гьалбалги рикIкIун, гьеб фестивалалде щвана гIага-шагарго 1200-1300 чи, гьенибго къотIи ккана фестиваль щибаб соналда тIобитIизе. Гъоркьиса гьеб гьабичIого хутIиялъе гIилла ккана гIуцIарухъабазда (аслияб куцалда гьеб гьир тIаде ккола комплексалъул нухмалъулев ХIамзат ГIумаровасда ва гьесул кумекчагIазда) рачIел цо-цо хIужаби. Рагьараб майданалда тIобитIулеб фестивалалде хIадурулаго, исана гIезегIан квекIенал гьаруна гьава-ба­къалъ, ахирал къоязда гьоркьор чIечIого ралел рукIарал цIадаз. Бугониги, тIоцебесеб фестивалалда ру­кIараздаса гьенире рачIаразул къадар дагь букIинчIо. Фестивалалде ра­чIа­разда гьоркьор рукIана: туризма­лъул ва халкъиял промыслабазул министр Рабият Закавова, Гъу­ниб ва ГIахъуша районазул бутI­рул АхIмад МухIамадов ва АхIмад МухIарамов, Халкъияб Собраниялъул депутат Му­хIамад КIудиявмухIамадов, Ма­гIарул театралъул нухмалъулев МухIамадрасул МухIамад­ра­сулов, «ВатIан» ком­п­­лексалъул проекта­лъу­л автор МухIамад Керимов ва цогидалги. Бан-чIун бугеб цIадалъ фестивалалъул программаялъе дагьаб квалквал гьабуниги, лъикIаб даражаялда букIана гьелъул музыкалияб бутIа, берцинаб хIалалда ана официалияб бутIа, къасд ккаразе рес щвана бокьараб тайпаялъул чай гьекъе­зе ва миллияб кванил хIалбихьизе. ТIоритIана чIорбутI речIчIиялъул рахъалъ къецалги, амма харил тангал рорхи-рехи ва спорталъул гьеб мисалалъул цоги тайпаби, гьава- бакъалъул шартIаздалъун, исана тезе ккана. Кин-щиб букIаниги, лъил-кинал хIасилал кканиги, я майданалда букIараб хIалуциналъ, я балеб цIадалъ кинабгIаги къварилъи гьабичIо сверухъ бугеб гьайбатаб тIабигIаталъ киназего, хасго гьалбадерие, кьолеб лъикIаб, хекко кIочонареб асаралъе.
ПалхIасил, фестиваль ана къва­ригIел гьечIел лъугьа-бахъи­нал ккечIого, ракIбакъваялъгун чIа­мучIлъиялъ бизар гьаричIого, гIа­датияб, эркенаб низамалда, рагьараб къагIидаялда, тIасияб соналда дагьабги лъикI нухда тIами­зе нигатгун.

ГIабаш ГIабашилов