Гьудуллъиялъ берцин гьабула гIумру

Рокьи бекьизе, рокьукълъи чIаразе — гьеб ккола дир хIалтIул магIна

 

ТIоцебесеб дандчIвай

Бокьула дие батIи-батIиял гIадамазулгун лъай-хъвай гьабизе, хасго магIарул руччабазулгун. Гьезул щиялъулгун гара-чIвариялда цо-цо пашманал, къваридал пикраби хисула. Гьезул гIумруялъул дарсазаса хадуб дир рекIелъе лъугьунго лъугьун бачIуна рохелги чIухIиги. Иргадулаб сапар дица бухьана ГIайшат НурмухIамадовалъухъе. БитIун бицани, гара-чIвари сундасан байбихьилебани лъаларого йикIана. Амма бахьинаб гьурмада берцинаб гьимигун гьей яккун ячIиндал, дида лъалеб букIана нижер гьуинаб хабар ккезе букIин.

ГIайшат НурмухIмадова гьаюна ва гIуна Гумбет районалъул Гъоркьа Инхо росулъ. ГIолохъанго баччизе ккана гьелъ гIумруялъул бакIлъи. Росги хун, гьитIинав МуртазагIалиги каранде къан хутIарай гьелъ магIу тIолаан жиндирго къисматалъул пикрабиги гьарун. Къойилго ботIролъе рачIунел ва гьениса хъамизе захIмалъулел пикрабаз рахIат толеб букIинчIо ГIайшатие.

Дир мугъчIвалеб кьуру — Ислам

Амма ГIайшат хвасарлъана исламалде бугеб кIудияб божилъиялъги ва гьениб чIужугIаданалъ кколеб бакI бичIчиялъги. 1993 соналда гьелъ борхана хIеж.

Дагь-дагьккун ГIайшатил рекIелъ щулияб бакI ккуна исламалъ. Гьелъие цоги квербакъанин абизе бегьула доб мехалда Хасавюрталда мадрасаялда хIалтIулев вукIарав Дагъистаналъул жакъасев муфти АхIмад-хIажица. Гьесда цеве цIализе витIана ГIайшатица жиндирго васги. Ва гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIанги ГIайшатица жиндирго захIматалъулаб биография ва тIолабго гIумру сайгъат гьабулеб буго исламалъе.

— Ислам — гьеб ккола дир мугъчIвалеб кьуру. Гьеб бичIчIидал, бичIчIана дида гIумруги. Гьелъ вацал-яцазул дидехун бугеб хIикматго берцинаб бербалагьиялъги исламалъулъ бугеб къуваталъги хвасар гьаюна дун, — ан бицана ГIайшатица.

Гьей цIалана Дагъистаналъул теологиялъул институталда. ХIалтIи байбихьана Дагъистаналъул исламияб институталдасан. Гьелъ нухмалъи гьабулеб букIана руччабазда, ясазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIуе, кIвар кьолеб дагIваталъул отделалъе.

— РукIинесел улбузе рухIияб тарбия кьей — гьеле дир хIалтIул аслияб мурад. Дица дунго рикIкIуна талихIай гIаданлъун, щайгурелъул дир кумекалдалъун битIараб нух тIасабищарал руччабазул баркалаялъул цIайи бищун багьаяб жавгьаралъулалда бащадаб буго дие, — ян абуна ГIайшатица.

2009 соналда Муфтияталда цебеги рагьана дагIваталъул отдел. Гьеб рагьаралдаса жакъа къоялде щвезегIан гьений хIалтIулей йиго ГIайшат.

ГIайшатил гIумруялъул дарсал

Гьелъухъе рачIуна къисматалъ къварид гьаруралги, гIумруялдаса ракIбуссаралги, цIидасан гIумру байбихьизе бокьаралги руччаби. Гьелъул вагIза-насихIатаздаса хадуб, гьел руччабазул гIумруялде рещтIуна цIилъи.

— Дица хIаракат бахъула киназулго ракIазулъ лъикIлъи бекьизе ва гьениса чороклъи, рокьукълъи чIаразе, — ян гьурмада талихIалъул асаргун бицана ГIайшатица.

Гьелъул рагIаби ритIухъ гьаруна гьелдаго аскIой гьелъул кумекчIужулъун хIалтIулей йигей ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъа Сидрат МухIамадовалъ.

Меседил медалалда школа лъугIарай Сидрат цIализе лъугьуна Дагъистаналъул халкъияб магIишаталъул институталде. Амма ракIалъ батIияб рахъалде цIалей йикIана. Ахирги гьей цIализе лъугьуна Дагъистаналъул исламияб институталде ва тIокIалъ ятIалъизе кIвечIо гьениб лъай-хъвай ккарай жиндирго мугIалималдаса.

— Дир кваранаб кверлъун йиго жакъаги Сидрат. ГIисинал лъималазги росасул гьаризе кколел адабазги — сунцаго квал-
квал гьабичIо гьелъие, гьаб хIалтIи нухда бачине,
— ян абун, чIужугIадан, эбел, лъади хIисабалда, тIадегIанаб къимат кьуна ГIайшатица жиндирго цIалдохъаналъе.

ГIумру берцин гьабула гьудуллъиялъ

— Инсанасул гIумру берцин гьабулеб жолъун дица, тIоцебесеб иргаялда, рикIкIуна гьудул-гьалмагълъи. Гьел гIемерлъанагIан, нилъер гIумруги тIегьала ва гьел талихIалъул тIугьдуз нилъедаса квешлъиги гьабула рикIкIад. Амма гьел тIугьудул речIачIого рукIине ккани, щибаб лахIзаталъ лъалъазе ккола гьел цоцаздехун бугеб рокьиялъ,- ан рикIкIунеб бугоан гьелъ.

Щибаб сапаралъ ГIайшатие сайгъат гьарулел руго цIиял гьудулзаби. Ва гьелъул рекIелъ рекIунеб буго цIияб цIаги. Гьеб цIадул хинлъи гьелъ кьолеб буго цогидазеги.

Сапарал ва цIиял лъай-хъваял

Руччабазе рухIияб тарбия кьеялъул мурадгун ГIайшатица сапарал гьарула дагъистанияз гIумру гьабун бугел Россиялъул батIи-битIиял регионазде. Масала, Муфтияталъул хIалтIухъабигун цадахъ гьей щвана Саратовалде, Пензаялде, Самараялде, Ульяновскалде, Оренбургалде, Троицкалде, Челябинскалде ва цогидалги шагьаразде. Гьединго щвана Дагъистаналъул щибаб районалдеги.

— Гьанже, кигIан бокьанги, буго динияб адабият. Нилъецаго цIаланигицин, лъалеб, бичIчIулеб мацIалда буго гьениб хъварабги. Гьединлъидал гьабсагIаталда гIадамазул тарбиячилъун, хасго гIун бачIунеб гIелалъул, Интернет лъугьиндал, нижеда, Муфтияталъул хIалтIухъабазда, лъикIаблъун бихьана рухIияб тарбиялде кIвар дагьаб цIикIкIун кьезе. Гурони, гIолилазда гьоркьоб гIемерлъулеб буго чороклъи. Хвасарлъи гIицIго исламалъулъ буго, — ян ракIунтун бицана ГIайшатица.

Гьелъул ракIбохула, Россиялдаго рикьун-рикъ ругел ракьцоязухъе щведал. Гьелъ бицана кинаб адаб-хIурматалда жидеда дандчIвай гьабулебали. Бихьулеб буго гьединал дандчIваязухъ гьел гIашикъ рукIунел ругеблъиян бицана ГIайшатица.

Гьединго ГIайшатил рахIатхве-забулеб буго гIолилазул гьанжесел ригьнацаги.

— УргъичIого, ригьнал гьаризе гIедегIулел руго цо-цо гIолилал. «Интернаталъул рокьиялъ» гIуцIарал хъизамал щулиял рукIунаро. Гьезда жеги бичIчIулеб гьечIо цоцазда тIад бугеб жавабчилъи. Гьединлъдал нижеца хIаракат бахъула гьеб рахъалдеги кIвар кьезе, — ян абуна гьелъ гара-чIвариялъул ахиралда.

Миллаталъул маданияталъулгун бухьен

Гьеб бухьен букIин бицунеб буго Муфтияталда бугеб музеялъги. Гьенире жанире лъугьиндал, цебе бачIуна магIарул гъансито, гьале 120 соналъ цебе лъимер жинда бущун букIараб кини. Гьале гьанибехун тIолабго хъизан жанисан кваналеб букIараб хIерчч. Гьале саргъасал, гьанибехун чанго батIияб тайпаялъул гIучIалтIан, давагьинал, салмагал, халичаби.

Гьале доб хвезе, лъугIизе рес гьечIеб наслабазул щулияб бухьен. Гьеб бухьен Дагъистаналъул руччабазулъ даим чIаго хутIиялъе ва гьезги хадусел наслабазе цIуниялъе цIакъго баракатаб хIалтIи гьабулеб буго ГIайшат НурмухIамадовалъул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул Муфтияталъул дагIваталъул отделалъул хIалтIухъабаз.

МагIарул руччабазде ГIайшатил хитIаб

МагIарул мацIалъ, бацIцIадаб ракIалъ гьабулеб буго нужеде хитIаб. Баркула, дир яцал, тIоцебесеб иргаялда, тIаде щолеб бугеб Къурбаналъул гIид.

Дир гьари магIарул руччабазде — рукIа Дагъистаналъего, тIолгодунялалъего мисалияллъун, гIамал берциналлъун. Нуж рукIа лъикIал улбуллъун, гурхIарал яцаллъун, мутIигIал лъудбилъун, унго-унгоял бусурбабилъун. ГIицIго гьеб мехалда рукIина нуж кIиябго рокъор талихIаллъунги.

Свине тоге хъизамалъул гъасда бакараб цIа. Гьеб цIадул хинлъи бараб буго нужеда, нужер мутIигIлъи- мукIурлъиялда, бихьиназул нужеца гьабулеб адабалда. ГIедегIуге хъизан биххизе. Лъималазул талихIаб букIинеселъе гIоло, бажарарабгIан заманалда бачче гIумруялъул бакIаб гьир. Гьелъухъ сайгъатлъун нужее букIине буго лъималазул талихIаб гьими. Гьелъулъ гурищ нужерги талихI бугеб. ГIиси-бикъинаб жоги гIочIода чIван, гьеб гьайбатаб талихIалде мугъ рехизе гIедегIуге нуж.

ГIайшатил дарсалги цIалулаго…

Гьалеха ахиралде щвана ГIайшат НурмухIамадовалъулгун гара-чIвари. Бихьулищха, гьелъул букIун буго кучIдул гьаризе махщелги — къватIибе биччан буго кIиго тIехь. Биччазе хIадур гьабулеб буго жеги кIиго тIехь.

Дица регулел руго гьелъ дие кьураб тIохьол тIанчал. Ва гьениб хъвараб цIалулелъул, ургъизе тIамулей йиго жеги дидаго рагьизе, ричIчIизе кIвечIел гIумруялъул балъголъабазда тIад…

Шамай Хъазанбиева