Новость на родном

АхIи базе ккараб хIал

ГьитIинаб тохлъи сабаблъун ТIоцебесеб сентябралда лъималаз цIалул сон байбихьизе батила жидерго росдал школалда ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жамагIатчи МухIамад ХIамзатовас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Рузман къоялъ мажгиталде бакIарараб жамагIаталда цевеги вахъун, росдал школалъул организатор ХIайдарбег Хъазанбиевас бицана школалъул классазул чIарбида кьабураб хъорщода ккал чIван, бакI-бакIалдаса турун букIиналъ, киса-кибго квешаб махI бахъун бугин, хIинкъи...

Новость на родном

Нухлулазе гIанса

ТалихIалъул кIул Гьаб дунялалде вачIанщинав инсанас чIамизе буго хвалил кьогIлъи Хвел ТIадегIанав Аллагьасул Каламалда буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогIлъи чIамизе ккезе букIиналъул хIакъалъулъ хъван (7:34). Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахIмат. Щайгурелъул рукIунелъулха гIадамал, гIемер хIинкъиялъ хIакъикъаталдаги хвезегIан чIечIого, нусцIул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тIаде...

Новость на родном

ГIабдулал кочIол тIогьал

Халкъалъ къабул гьавурав кочIохъан   МагIарул кечI. Унго-унгоги дулъ бугеб къуват. Дуца квелъ барал анищаз гIанлъула гIумруялъул бураназдагицин хIеккинабизе кIолареб инсанасул ракI. Цин гIурул рагIалде рехула дуца, цинги, гьелъул карачелазулъ лъедолелъул, хIеренго, недегьго баунги толеб куц дуца. БотIрода саву ккарал херазул къасдазулъги рещтIуна мун, гьанжего гьанже гIищкъул нухдасан унезул пикрабаздаги кверщел гьабула дуца, рокьи тIубачIезда...

Новость на родном

Тохтурасул малъа-хъвай

Ибрагьимица хIалтIи чIаголъизабуна Районалда гIумру гьабун ругел гIадамазул къадаралъухъ балагьун биччала больницаялъе ФОМСалъ гIарац Шамил райбольницаялъул бетIе­рав тохтурлъун Халилов Ибрагьим тIамуралдаса жеги лъагIелцин сверичIо. Амма къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана гьенир гIемерал хиса-басиял гьарун. Гьес гьабураб ва гьабизе бугеб хIалтIулги бицун, нижер мухбир Сайпула Гьи­тIинамухIамадовас гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.— Ибрагьим, мун гьаб...

Новость на родном

Ракьцоясул бергьенлъи

1 марталда Москваялда бихьизабуна Камил ГIалиевасул «Учитель» абураб кино   Гьеб ккола Камилил тIоцебесеб кIудияб хIалтIиги. Цебеги гьесул нухмалъиялда гъоркь къватIире рачIун рукIана «Сант Луис», «Репортаж», «Къисас» абурал фильмал. Россиялда тIоцебе гьес бахъана «Умумузул васигат» абураб проектги.«Учитель» кино халатбахъуна 40 минуталъ. Гьеб бахъулелъул, кьочIое босун букIана Дагъистаналда ккараб хIакъикъияб лъугьа-бахъин. Кино бахъизе байбихьана 2018 соналъул...

Новость на родном

Выставка

СагIтазул устарасул театр Каспийскалъул «ТIоцебесеб галереялда» рагьана «СагIтазул устар ГIабдула МухIамадовасул театр» абураб гIадатияб гуреб выставка ГIабдула лъаларев чи Каспийскалда ватиларо. Ленинил ва Стальскиясул къватIал цолъулеб бакIалда бугеб МухIамадил сагIтал къачIалеб мастерскаялде щвечIев чи къанагIат ватила шагьаралда. Амма гьаб нухалда гьесулъ тIатана суратал рахъи­зе бугеб махщел.Гьавуна ва гIуна МухIамад Каспийск шагьаралда. 1979 соналда цIализе лъугьана...

Новость на родном

ГIелму ва гIадамал

Лъай бугелъуб цебетIейги букIуна ГIалимзабаз гьабураб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго лъимадул гIакълу эбелалъул гIакълуялда бараб букIин ЧIужугIаданалъул аслияб ишлъун, хIалтIилъун, тIадаб борчлъун кколин абула хъизан данде бачи, лъималазул тIалаб гьаби. Гьелъул магIнаги кколаро рукъалъул хIалтIи гьаби бугин аслияб ишилан абураб. Гьединго чIужугIаданалъул, исламияб диналда рекъонги, ихтияр буго жиндиего лъикIав рос валагьизе. Амма, аслияб куцалда, гьеб иш...

Новость на родном

Ракьалда лъалкIал

КечI букIана маяклъун Сайпулагьил юбилеялъулаб данделъи тIобитIана гьесул росуцояз, гIагарлъиялъ КечI букIана маяклъунСайпулагьил юбилеялъулаб данделъи тIобитIана гьесул росуцояз, гIагарлъиялъ МахIачхъалаялда, «Экзотика» залалда тIобитIана Шамил районалъул Ругъелда росулъа ГьитIинамухIамадов Сайпулагьил 70 сон тIубаялъул тадбир.«ХIакъикъаталъул» цIалдолезда Сайпулагь щивали лъаниги, бокьун буго гьесул хIакъалъулъ дагьабго калам гьабизе. Гьевин абуни ккола тохтурги мугIалимги. Гьелдего тIаде, Сайпулагь машгьурлъана шагIир, журналист...

Новость на родном

Тохтурасул малъа-хъвай

Канлъи цIунулел къагIидаби   Анлъабилеб марталда дунялалдаго кIодо гьабуна глаукома унтуде дандечIеялъул къо Глаукомаялде данде къеркьеялде кIвар цIикIкIинабиялъул мурадалда, 2008 соналдаса нахъе гьелъул бицунеб къолъун бихьизабун букIана анлъабилеб март. Глаукома ккола беразда жанисеб бидул тIадецуй цIикIкIиналдалъун лъугьунеб унти. Гьелъул хIасилалда канлъиялъул нерв хола, канлъи дагьлъула яги тIубанго беццлъула. Унти лъугьунеб куц Жеги лъазе кIун гьечIо...

Новость на родном

ГIалимчIужуялъул хIакъалъулъ

Студентазул эбел, ишцоязул яц Мадинал хIурмат гьабула гьей гъваридаб лъаялъул, хIеренаб каламалъул, ритIухъай гIадан йикIиналъ Загьид ХIаживас хъвараб кочIолъ ругел «ЙорчIа, магIарулай, гIелин кьижарай» абурал рагIабаз магIарул чIужугIадан ахIулей йиго цIияб гIумру гIуцIизе, лъавукълъигун къеркьезе, жамгIияб гIумруялъулъ гIахьаллъизе. Гьеб ахIи гIадахъги босун, жакъа гIемерал руччаби рахун руго гIелмуялъул, искусствоялъул, спорталъул борхалъуде. Гьединазул цояй, ай гIелмуялъул...