Новость на родном

Сибиралде сапар

Дидоязул Джигит дунялалдаго бищун цIодорал чагIазул форумалде ахIидал хъвараб эбелаб сарин. Ина вуго лачен, руччабиги тун,Сибиралде витIун тIадчагIаз жакъа,ТIолгодунялалъул гIакъилаб форумГьав къайис гьечIого данде кколарин. Дагъистан урхъараб хъурайсинги лъун,Хъирим гIадин вуго ВИПзалалда чIун,Зодир цIваби гIадал цIвакарал ясазЦIумур кьабизегIан посадкаялъе. Циндаго яккана микки гIадай жо,Джигит капитанас ахIулев вугин,Общий рейсалъ гурев мун СибиралдеТIадчагIаз чартералъ витIулев вугин. Чалухаб...

Новость на родном

Дунялалъул къоял къварид телаан…

Емельян Пугачев, гьанжегIаги щайШамил дургун гьудул гьавичIев дуца,Гьадав башкирияв СалаватидаЦадахъ бегьуларев чиги гурелъулР. ХIамзатов     Я, хIурматияв шеф гьанжегIаги щайБисав дургун гьудул гьавичIев дуцаГьадав экс-редактор ГIариповасдаАскIов бегьуларев чиги гурелъул. Дуде дагIба балев гуро, Камалов,Коллективалъ буго тату хвезабун,МагIарул халкъалъул «ХIакъикъат» дуцаХIакъалдаса кида махIрум гьабилеб? Мун вукIуна даим ращалъи бугинБищун аслияб жо коллективалъе,Мухбиразе шартIал гIуцIулеб мехалъЦояв...

Новость на родном

Авар мацIищ яги цIумадисесул Гаремищ?!

Пьесаялда релълъараб жо   ТIоцебесеб пардав Пардав рагьарабго бихьизе буго, казиятазги журналазги жаниб бугIун цIураб ва багIарбакъ гIадал мусудуз гвангъизабураб, «Миллат» газеталъул кутакалда гIатIидаб, эркенаб, берцинго къачIа-кIатIараб кабинет.ЦIуял жалазда гьоркьов, инсул рокъов гIадин, эркенго хьвадулев вуго берцинаб куц-мухъалъул, къокъабго лага-черхалъул, даим релъанхъулел сихIирал саяхъал беразул цо чанкIкIарав чи. Гьев вуго гьунар тIокIав журналист, блогер, эксперт,...

Новость на родном

Къулгьу цIалунилан кин къабуллъулеб

ЦIаруе бикьараб садакъаялъул,СиратIалъул кьода щиб дуй батилеб? Реццалъе гьабураб гIаданлъиялъулГIакIа ахIанани, кири кин щвелеб? Ццингун жахIдаялъул жанисан цIурабРекIелъ гурхIел-рахIму кинан лъугьунеб?ГIарац — боцIи гуреб мацIалда гьечIес,Къулгьу цIалулилан, кин къабуллъулеб?

Новость на родном

Доктор Ватсонил инсуца ражи чIараб куц

«Бахьикъосалде» гIемер хъвадарулев вихьула гьав «Доктор Ватсон» цогидазул жал рицун. Жиндирго мунагьал чураяв инсул ккараб жо щай гьес бицунареб?   «Доктор Ватсонил» эмен ГIу-марасхIабил хур букIана гIадамал гIемер хьвадулеб нухлул рагIалда. Щивав нухлуласул салам буссинабизеги гьезул суалазе жавабал кьезеги кколел рукIун, ГIумарасхIабил хIалтIи цебехун туркIулеб букIун гьечIо.Ахирги ццин бахъарав гьес чIужу йитIун йиго рокъоса хъорщол...

Новость на родном

Рамазанги Хизриги ханлъуда хутIанани…

Кризисилан цIарги чIван,ЦIорон буго Россия,Нефтедолларал дагьльун, Дугъдан вуго Володя.   Евро эхеде ххарун,Холеб буго гъурщил сси,Сабурав МедведевцинМагIид вуго вецIцIулев. ВуцIцIунги чIун гьимулев,Дамдамун хваяв Дональд,Аб дуниял жидерин,Жалги демократалин. Дагьалги тIаделъани,ТIомода лъелин Раша,ЛъикI санкцияз къакъани,Кьоринив ккелин Иван. Ина буго гьединанГьаб дунялалда дагIба,Донбасалда, СириялъСсур буго пулеб жакъа. Амма сабру кIудиявКIиго чиновник вуго,Чухъа ретIун, чу кьолон,Чабхъад ине хIадурго. Къварилъиялда...

Новость на родном

ГьикъичIониги бицина

Ясаз васал толел гьечIилан тел бачIун буго «Бахьикъосалде» МичIчIикIкIалахъ росдал семилеткаялдаса.   Суал:— БитIахъе ахир заман рещтIун буго, ваккун вас толев гьечIо ясаз. Щиб дарман гьабилеб, хIалкIолев Аллагь? — илан гьикъулеб буго Магал эбел Гуляца.Жаваб:Ясаз васал толаребТамашаяб замана-Интернет – тушман къайинТел битIе ТIад вугесухъТIокIаб выход гьечIоха, хирияй Гуля. Иначе, гуляй, Васяйинги абун, ина дур вас...

Новость на родном

Имам Шамил, Рамзан ва ХIабиб

РАМЗАН:   АхIун хIурмат гьабуна,Иномарка дуй щвана,Шамил дица какидал,Кинха мун тIад рекъечIев? ХIАБИБ: ХIурматалъухъ баркала,Даим кIочон теларо.Амма машинабазухъШамил дица кьоларо. ИМАМ ШАМИЛ: Нижер араб замана Занабакь кьижун буго,Рукьбузулгун кьал ах1иБахIарчилъи кколаро.

Новость на родном

МутагIиласул жаваб

Кинха рукIинел, Сарат, Расги лъикIаб хIал гьечIо —Лъади къураб къайи-кертКъанагIат батулароБер къинкIани къватIибхун,Къоца магIирукъ лъола,Къоролалда квер хъвани.ХъахIилаб цIа бакулаИслам-диналъ беццарабМагьар лъелин кIалъани,КIудияв суфийилан,МоцIаз, саназ ссур пулаСанагIат « рекъечIого»,Рокъове кватIанани,КIутIбиги хъахIил гьарун,Хъумурин рогьо балаРагьунги хIалбихьана —ХIалхьи кьечIо кьвагьадаз,Бахчунги цIакъ къеркьана —КъуркьичIо къо бухIадалКинха ниж ругел, Сарат?-Сородилел, гьардолелРуччабазул судалдаСанал дагьал кьегиянМаданият кIочанаНужер кIарчанлъи бихьун,Адабият рихана,Бахул мухбир яхъиндал.Кинха...

Новость на родном

МугIалималъул суал

Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал? МагIарул мацI бокьулел, МагIарулал рокьулел?Кир ругел, магIарула? Кин ругел, магIарулал?МацIалда чIвалеб къоно кквезениги щоларел?Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал?МагIарул руччабазе кумекалъе щоларел?Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал?Нуже-нужер бакIазул рахIат цIунунищ ругел?Кир ругел ,магIарулал? Кин ругел магIарулал?ТIу-тIун балеб жидер мацI цIунизе рачIунарел? Кир ругел, магIарулал? Кин ругел магIарулал? МагIарул яхI-махIалъул...