Сибиралде сапар

Дидоязул Джигит дунялалдаго бищун цIодорал чагIазул форумалде ахIидал хъвараб эбелаб сарин.

Ина вуго лачен, руччабиги тун,
Сибиралде витIун
тIадчагIаз жакъа,
ТIолгодунялалъул гIакъилаб
форум
Гьав къайис гьечIого
данде кколарин.

Дагъистан урхъараб
хъурайсинги лъун,
Хъирим гIадин вуго
ВИПзалалда чIун,
Зодир цIваби гIадал
цIвакарал ясаз
ЦIумур кьабизегIан посадкаялъе.

Циндаго яккана микки гIадай жо,
Джигит капитанас ахIулев вугин,
Общий рейсалъ гурев
мун Сибиралде
ТIадчагIаз чартералъ
витIулев вугин.

Чалухаб рилълъингун,
калсоналберцин,
«Комсомолкаялда» хадув
къокъана…
Къуватаб гьаракьгун,
цо пассажиргун,
Пилот Севералде вуго воржунев.

Эрмени гIодоса, Дидой зодоса,
Гьабни битIун гьечIо,
БетIергьан Аллагь
Квачан холей Ара,
вежулев Джигит,
Киб бугеб ритIухълъи
дуниялалда?

Дагь-дагьккун ссун ана
моторазул сас,
Шеф-повар рещтIана
Сибир ракьалда:
Гьороца хъамулеб Симонянил рас,
ХъахIал калсоназда
квашулеб цIорой.

ЦIогьадго гьимана гьалъие Дидо,
Данде Эрмениги угьдана балъго,
Буго цо лъалареб берцинлъи гьаниб-
Бицина тIолабго тIад вуссингун гьас!