Авар мацIищ яги цIумадисесул Гаремищ?!

Пьесаялда релълъараб жо

 

ТIоцебесеб пардав

Пардав рагьарабго бихьизе буго, казиятазги журналазги жаниб бугIун цIураб ва багIарбакъ гIадал мусудуз гвангъизабураб, «Миллат» газеталъул кутакалда гIатIидаб, эркенаб, берцинго къачIа-кIатIараб кабинет.
ЦIуял жалазда гьоркьов, инсул рокъов гIадин, эркенго хьвадулев вуго берцинаб куц-мухъалъул, къокъабго лага-черхалъул, даим релъанхъулел сихIирал саяхъал беразул цо чанкIкIарав чи. Гьев вуго гьунар тIокIав журналист, блогер, эксперт, экс-президентасул экс-советник, ай кваранаб квер, киналго олигархазул кореш, частни газеталъулги госжурналалъулги бетIерав Удаман БисавгIалиев МухIамад.
Гьасул кабинеталъул къадазда чIвачIев бахьикъосго гьечIоан — ГIибранил ХIажиясдаса байбихьун, Лологъонилъа ХIапизатиде щвезегIан.
…Интернет-руччабазулги гьаний ячIинчIей гIаданго гьечIоан — я журналистал, я блогерал, я лингвистал, я администраторал, я модераторал.
Нусго батIияб должность-цIаралъул цIвака-гIанкарал барышняби гIахьаллъулеб эбелаб мажлис бачине хIадурго вугоан лъебелазул бис гIадав вас.

Бисав (умний видги гьабун, киналго руччабазде беглый взглядги рехун).
Дир хириял руччаби, коллегаби!
Жакъа гьоркьоб лъолеб суал буго, цIакъ тату хвараб, рекIеда рекIараб, рикIкIен гIемерал цIодорал гIадамазги гIемер бицараб, борцараб, цIалкIараб — «Кин цIунилеб магIарул мацI…магIарулаздаса» абураб.
(Шефасул щибаб рагIи, щибаб хIухьел на ходу хватать гьабулеб бугоан творчески руччабаз, ай, гIибадаталда муридзаби гIадин, постоянно сайтазда сардал рорчIулел чIурканал интернет — матушкIабаз.
ГIурусаз абухъе, с особым трепетом гIинтIамун ругоан гьел Бисасул выступлениялъухъ).

Бисав. Миллаталъего кIвар бугеб гьаб кIудияб суалалъул важностги чувствоват гьабун, нилъеца даже Ассоциация гIуцIана мацI цIунизе. КIудияй мугIалим Мухидиноваги тIамуна гьелъул Генералияй директорлъун. МукIурлъизе ккола, Баху Бикаца лъалеб туркIи ккезабуна мацI цIуниялъул ишалъулъ. Я макьу гуро, я квен-тIех гуро — тIубарал суткабаз сайтазда йиго гIалимчIужу .. магIарул мацI цIунулей.

Интернет-матушкIа. Кинабго жо гьелда тIад къачIого, нижги хIалтIизареха, хIалчIахъаяв Шеф. Мисалалъе, дир творчествоялъул тIубараб застой буго гьаб ахираб заманалда. Я сахаб, миллаталъего кIвар бугеб, макъала хъвазе кIолеб гьечIо, я интересаб, тIолалго блогерал бахиллъулеб, пост лъезе бажарулеб гьечIо,
Цо Бахуе кумекалъе магIарухъегIаги щай дун йитIуларей?

Бисав. Творчествояли дур кидаго тату хвараб букIанин, тIокIав мадарав чи гьечIолъиялъ аскIой таниги.
Баху Бика щиб мухъалдехун мацI цIунулей йигей?

Блогерша. Багу-чIамалазул рахъалдехун уней йигилан кIалъана радал. ТIадюссуда Болъихъеги сверизе йигила, заман гIунани, ГIанди мухъалдеги яккилила.

Бисав. ГIандадерие магIарул мацI щай гурин, щакал сапаралги тун, ГIахьвахъе сверейин абе магIарул мацI бицунел МестIерухъ, Ингердахъ росабалъе.
ЯчIинахъего МестIерухъ Дом культураялда мунагьал чураяв ГIабдулпатахIил вечер памятиги гьабейин абе. Кутакалда магIарул мацI хирияв чи вукIанин.

ТIоцеесей интернет-матушкIа (нечон холаго)
Магомед Исмаилович, дур дандечIей гьечIони, дунги инаан Гумбет мухъалде магIарул мацI цIунизе….

Бисав. Гумбеталде гIадамас гали бахъизе кколаро. Гьарадерихъа ХIамзат эхеде аралдаса мацIалъул суал бакълъулазул лъоба битIахъе моцIроде боржанилан абулеб буго халкъалъ. Цониги рухI гьечIила жакъа гьениб гIурусалъ кIалъалеб.
ЦIилкьадерил цо-цо товарищал рукIунила гьоркьор-цере мадугьалзаби-гIандалгун гIурусалъ гаргадулел, но гьебги временний жо бугилан ракIчIун вуго гьалмагъ Изудинов. Яги бацIцIадаб магIарул мацI бицине тIамилила жинца гIандал, яги, ЦIиликьа гурел, жидерго чачаназул дораса хьвадизе ругила рехе-эхеде гьел хьиндалал рихарал ханыгаби.
Гумбеталъул главредасул гьеб гучаб лъазаби некIого щун рагIула гIандадерихъе ва щибаб рухI тIаделъун бугила тIокIкIараб куцалда аварский язык изучат гьабиялде.

Модератор. Дирги буго цо идея. Давай нилъеца, бахьикъосазул удаман ГIандийскийги гьоркьов цIан, роцIцIинабизе авар мацI ГIанди вилаяталда. Бахулги гьудул вуго гьев канкретний.

Бисав. Воре, воре гьев чи мацIалда аскIов къазего тоге. По образованию авар мацIалъул мугIалим вугониги, в душе конченный чачанав вуго. Объединенный номералинги абун, чачан мацIалда райгазета биччалев чияс авар мацI кин цIунилеб? Гьеб буго бацIазда гIи божизаби гIадаб жо. Андийцы и в Африке андийцы…
Маарулацаги андадерил мацIцIи бицине ккола, Мугьамадилан чIезеги нахъе къазе гьечIо.
ВитIани тIил, гьетIани щайтIан гIадав ГIандийскийги живго тун, нилъеца гьеб суал Сайпуев ХIажиясда тIад къала. ИчичIалиса кьалбалги руго, Аллагьас пагьму- гьунар кьурав журналистги вуго, заочно букIаниги, ДГУялъул русско-дурацкий отделениеги (РДО) лъугIизабуна.

Блогер. Хъвадарухъанги вуго. Кьохъа МухIамадил хIакъалъулъ саламатаб тIехьги жоги биччарав.

Бисав. ПалхIасил, гIандал Сайпуевасда тана. ГIахьвалал-кIкIаралал тIуранго тана, МестIерухъ- Ингердахъ гьоркьосаги бахъун. Жал магIарулал гурин ООНалде хъвадарулел чагIазда магIарул мацI малълъиги гьороде данде квешаб иш гьабиги цого жо буго.
Хьиндалазде гьоркьоре жал рехарав халкъалъул тушманилан, церего рукьби турарав, Данияловги толев гьечIо гьез.
Жидерго басмаги бахъулеб буго, гIалам урхъараб, Ашвадойин цо волшебный цIарги лъун.

ТIоцеесей Интернет-матушкIа. ЦIумадисезда щиб все-таки гьабилеб? Цо Бахуда рехун тани, туркIиго букIинадай?

Модератор. Сасикьа СайгидахIмад вугогури бацIцIадго авар мацIги бицунев, гIезегIан пагьму-гьунарги бугев чи. Амма руччабаздаса регIиладай, эмехвад лъаларо. ТIокIав вахъинчIого руччабазде рокьул саринал хъвалев вукIунаха Фейсбукалда.
Бисав. Жакъаго чапар витIила ГIинкъасухъе нилъерго мажлисалъул мурадги бицун. Авар мацIалдасаги цересел жалищ гьал руччаби, ничего себе?!
Первый делом самолеты, ну а девушки потом…

Лъабабилей Интернет-матушкIа. Метер магIарул мацI хвезе батани..

Хоралъ кечI ахIулел Бисавги руччабиги.
Дагь-дагьккун къуна гьаркьал, ссуна канлъи ва къала пардав.