Дунялалъул къоял къварид телаан…

Емельян Пугачев, гьанжегIаги щай
Шамил дургун гьудул гьавичIев дуца,
Гьадав башкирияв Салаватида
Цадахъ бегьуларев чиги гурелъул
Р. ХIамзатов

 

 

Я, хIурматияв шеф гьанжегIаги щай
Бисав дургун гьудул гьавичIев дуца
Гьадав экс-редактор ГIариповасда
АскIов бегьуларев чиги гурелъул.

Дуде дагIба балев гуро, Камалов,
Коллективалъ буго тату хвезабун,
МагIарул халкъалъул «ХIакъикъат» дуца
ХIакъалдаса кида махIрум гьабилеб?

Мун вукIуна даим ращалъи бугин
Бищун аслияб жо коллективалъе,
Мухбиразе шартIал гIуцIулеб мехалъ
Цояв батIа гьави битIунищ бугеб?

Данделъабазда рецц — ПатахIовасе,
Памятник лъезе бакI — ГIисаевасе,
Телефон, кабинет — ГIандийскиясе,
ГIарцулал сайгъатал — Бахумеседой.

Дунялалъул къоял къварид телаан,
Тарихалдениги виччалевани,
Дол къеда даларал портретазда гъорлъ
Цо гьитIинаб сурат дирги седани.

Жал «дедал» ругила, мун «дух» вугила,
Даим гIазаб кьола НигIматулаца,
БатIаго бетIерав гьечIонаниги,
РедакторлъунгIаги дун бегьуларищ?

Дун ЛъаратIасайин ватIа гьавуге,
Гьадинги нижерал дагь ругин гьанир,
Нужер гъунисезул свериялда гъорлъ
Лъебеласги бакI кквей бакIлъунцин гурищ?

Дун хIалтIуде восун лъагIелги ана,
Лъелго хьвадулаго хьиталги хвана,
ХъахIаб Волгаялъул бицинароан,
Цо гIорцIен босизе гIарацниги кье.

ГIаммаб рахъ рехсани, цIакъ рази вуго
ЦIиял кабинетахъ гIодов чIезе щун,
Устулал росиялъ, бакIал хисиялъ,
Халичаби тIамун, жанахI къачIаялъ.

Харж-мухьалъул суал борхараб мехалъ
Хадуб лъикI букIинин хьул лъезабиялъ,

Жеги цIакъ дудаса дун разилъана,
Собкоразул нуцIби цIорол гьариялъ,
Аквариумалъур ччугIби кинниги,
Чалухал мусудул цере рукIиналъ.

Цоги гьари буго, ясахъе унин,
Ине бакI тIагIарав, диде вагъуге,
Зульфиягун Ума абилароан,
КумсиятгIаги те керен чучизе