Новость на родном

Гьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам

Магь баччизе гьод гурел, гьир баччизе жан гурел, Мугъзада гIеретI чIвачIел, чIар щибали лъаларел,Лъаларин, кIоларилан кIалдиб рагIи ругьунал!Гьанже ругел ясаца къабул гьабе дир салам,Рахьги хIанги бокьулел, бокьалъул махI рихарал,ГIака бечIчIизе ккани, рачI кквезе мун тIамулел,Нагагь хIалтIи малъани. мугъзалъе гьури кколел,Гьанже ругел ясаца къабул гьабе дир саламБихьанщинаб бокьулел, бокьанщинаб гьабулел,Бугеб рахIат гIоларел, гIарцул къимат лъаларел,КъваригIараб жибго...

Новость на родном

МАШГЬУРАЛ ГIАДАМАЛ

Лъабго Цили буго гьаб сураталда, Санал къокъаниги къимат холаребКъадруяв Иосиф, цIодорав Петро,ЦIогьалгун къеркьолев лъебел ГIалибег КвегIиса квараниде:Европаялде тIоцебе гордо ричIарав гIурусазул паччахI Петр ТIоцевесев.Дагъистаналда коррупциялде нуцIа къазе къеркьарав ва цIогьазде хвалчен хьвагIарав магIарул игитЛъаратIаса ГIалибег.ВатIанияб рагъда фашистазда «мама» ахIизабурав гуржиязул бахIарчияв батоно, дунялалдаго цIар арав полководец Генералисимус Иосиф Сталин!

Новость на родном

ХIакимзаби хIинкъараб, пакъирзаби урхъараб

Физкультпривет, бахьикъосараб къавм! Къо гуро, моцI гуро, гургинаб 15 сон сверана дица нужее «досвидос» гьабуралдаса.Къисматалъ Болъихъе дунги рехана, рохуца холел эбелал хIакимзабиги рукIун ратиларищха анин ахир-къадги къойил ниж какулев ав квешав идиотилан.Кинниги тIад буссине хъван букIун буго, хIакимзаби хIинкъараб, пакъирзаби урхъараб «Бахьикъос».Амма кутакалда бакIал, кIудиял камиялгун. ГьечIо жакъа дунгун даим хъудулев хъвадарухъан ГъазимухIамад ГъалбацIов, ралъдал...

Новость на родном

Аралъе нух битIаги, бачIунелъе къо битIаги

Дунялалда къанагIатабги улка гьечIо цIияб соналда дандчIвай гьабулареб. Гьеб къоялъ нилъеца цоцазда байрам баркула, сайгъатал кьола ва божула бачIунеб соналъ анищал, къасдал ва мурадал тIуразе ратилин абун. ТIаде щвараб 2020 сонги баркун, нижеца цо-цо чагIазда гьарана гьал суалазе жаваб кьеян:Дагъистаналъе, мунго хIал­­тIулеб, цIалулеб идараялъе, росдае 2019 соналда щиб лъикIаб, пайдаяб иш гьабун бажарараб? БачIунеб соналъ...

Новость на родном

ТалихIалъул рукъ цIеги

Гьалеха, хIурматиял цIалдолел, тарихалде ана миллияб маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарурал гьурмал. Гьез нужее араб соналдаги бицана миллаталъул адабияталда ва маданияталда ккарал лъугьа-бахъиназулги, шагIирзаби-хъвадарухъабазулги, магIарул ко­чIолаб дунялалъулги. Нужеца цIа­лана магIарул музыкалияб дунялалда цIвабилъун кенчIолел ругел МухIамад ГIабасовасулги, Абакар ГIумархIажиевасулги, ГIаб­дула МухIамадмирзоевасулги, Му­хIамадтIамир Синдикъовасулги, Му­хIамадтIагьир Къурачевасулги, Хадижат Жамалудиновалъулги, ХIамзалав ХIамзаловасулги, Зай­наб Махаевалъулги ва цогидалги магIарул кочIол...

Новость на родном

ЧIахIилъ къан хутIугеги анищазул хур

ГIадат буго ЦIияб соналъул байрамалде лъагIалида жанир ккарал лъугьа-бахъиназул хIасилал ва бачIунеб соналде анищал гьарулеб. 2019 соналда гIемерал хиса-басиял ккана нилъер гIумруялъулъ. Унеб соналда учительзабазе аслияб темалъун букIана гьабулеб хIалтIухъ мустахIикъаб харж кьезе бугин абураб хабар. Амма чанги чIахIиял трибунабаздаса кигIан гIемер гьелъул бицаниги, гьеб рахъалъ хисараб жо ккечIо. Абулеб буго, Гьаб соналъул январалдаса нахъе,...

Новость на родном

ГIарзал гIемерлъидал бахъараб ахIи

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда тIобитIараб данделъиялда бицана Басрияб Аргъвани росдал школалъул масъалабазул хIакъалъулъ. Гумбет районалъул Басрияб Аргъвани росулъ исана къачIана школалъул мина ва кьучIдасанго хисизабуна гьелъул сипат. Гьелъие квербакъана, «100 школа» абураб проекталда рекъон, ресалда ругел росдал гIадамаз. Августалъул ахиралда бачIараб «ХIакъикъаталъул» номералда нижеца хъван букIана рехсараб школалъе учительзаби тIаса рищулел ругин абунги....

Новость на родном

ЦIияб соналде цIияб галигун

Гьале нахъа тана гIумрудул цоги сон. Гьебин абуни гIадатияб халкъалда ракIалда чIела пенсиялъул ригь цIикIкIинабиялдалъун, «рищнидул реформаялдалъун», цогидазда бачIеб Рунеталъул хIакъалъулъ гIуцIараб законалдалъун.Щибха букIине бугеб 2020 соналда? Пенсия РФялъул ЗахIматалъул ва социалияб рахъалъ цIуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2020 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе страховиял пенсиязул индексация гьабизе буго 6,6 проценталъ. Пенсиялде ине руго 56,5 сон барал...

Новость на родном

Лъалищ нужеда?

Дунялалда буго гIага-шагарго кIиазаралда щунусго батIияб тайпаялъул къверкъ. Гьез гIумру гьабула киса-кибего: хIоразда, лъаразда, хьуцIазда, рохьазда, хIатта чIобогояб авалахъалдацин. Къоркъоца лъабго батIияб къагIидаялъ хIухьел цIала – тIомолъанги, гьуърулъанги, кIалдисанги. Къоркъол щибаб тайпаялъул рукIуна жидерго хаслъаби.Бищунго кIудияб къверкъ дандчIвала Африкаялда. Гьелъул цIайи лъабго килограммалде, халалъи кIикъого сантиметралде бахуна. Бищунго гьитIинаб къоркъоца гIумру гьабула Америкаялъул Цолъарал Штатазда,...

Новость на родном

Херав палихъан

Пал тIамулев херав чи къватIиве вахъанила. Гьев кверал хьвагIизе, хIанчIи къватIире риччазе лъугьанила. Щибаб хIанчIил жинди-жиндир хасаб цIарги букIанила. Херав чияс, тIоцере кверал хьвагIаралго, тIоцебесеб лъабго хIинчI боржун анила. Квач, цIорой лъугьинабунила.Палихъанас кIиабилеб нухалъ кверал хьвагIа-ралго, кIиабилеб лъабго хIинчI боржанила. ГIазу биине лъугьанила, хурзабахъа гIебеде тIугьдул раккизе рекIанила.Херав палихъанас лъаб-абилеб нухалъги кверал хьвагIанила. Лъабабилеб лъабго...