Доктор Ватсонил инсуца ражи чIараб куц

«Бахьикъосалде» гIемер хъвадарулев вихьула гьав «Доктор Ватсон» цогидазул жал рицун. Жиндирго мунагьал чураяв инсул ккараб жо щай гьес бицунареб?

 

«Доктор Ватсонил» эмен ГIу-марасхIабил хур букIана гIадамал гIемер хьвадулеб нухлул рагIалда. Щивав нухлуласул салам буссинабизеги гьезул суалазе жавабал кьезеги кколел рукIун, ГIумарасхIабил хIалтIи цебехун туркIулеб букIун гьечIо.
Ахирги ццин бахъарав гьес чIужу йитIун йиго рокъоса хъорщол кесекги щакъи-къаламги босизе.
Хъорщол кIиябго рахъалда ГIумарасхIабица хъван буго:
«Ва гIалайкум салам, дунги квеш гьечIо, гьале ражи чIолев вугоха», — ян.
Ва гьеб щула гьабун буго нухлул бакьулъ.
Гьедин нухлулазул кIалалги чIезарун, хуриб ражи бекьиялъул хIалтIи ахирги рагIалде бахъинабун буго гьес.