Мурадис Салимханов гьавуна Хунзахъ районалъул ГьоцIалъ росулъ. 1989 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультет. ХIалтIулев вуго адвокатлъун. 1999 соналдаса нахъе гьеб ишалда вуго Москваялда. ХIалтIулаго дандчIварал батIи-батIиял гIадамазул къисматазул хIакъалъулъ хъварал «Биологиялъул учитель», «ТIоцебесеб гIазу» ва «ХIожо» абурал къисабиги данде гьарун, дагьалъ цебе Москваялъул «ВатIан» абураб басмаханаялда къватIибе бачIана хасаб тIехь. Гьесулгун буго нижер...

