Мавзолеялдаса Ильичил рисалат

Салам алейчум, чарангIан къвакIарал некIсиял магIарулазул къатIраги чорхолъ хутIичIел гьанжесел аварцал!

Бихьулищ цо боржун араб заман: сайгъаталъе гIандадерил буртинаги, бархъалисезул хъабаги, хъалиянго бухIуларев чиясе ансадерил муштукIги босун нужер бахIарчиял умумул дихъе рачIаралдаса тIубараб гIасру сверана.
Жакъаги ракIалда буго нужер кIудияв поэтас хъвараб «МагIарулал Ленинида аскIор» абураб сарин.
Амма, гIасраби свераниги, сонал аниги, дун добго Мавзолеялда, добго цIулал ящикIалъув, дунялалда бугебщинаб бальзамги тIад бахун, хириял уколазги ворлълъун, иман бугел гIадамаз кигIан гьараниги, насранияб къагIидаялъ вукъизеги гьукъун, «бакъалда» рехун вуго. Бахчун щай, гьоркьов-цеве свежий воздухалдеги ворчIула, мехтун тIутIал лъугьарал Мавзолеялъул хъаравулзабиги гуккун.
Сапар байбихьула Эбелаб майданалда бугеб казият — журналазул киоскалдаса. ЦIехола рекIее хирияб «Искра», «Ильичил правда», амма бачIинахъего бер речIчIула, жидеде балагь рещтIаял, «Единороссазул» «Бурий медведь» казияталдаги «Путинил тIанчIи» абураб журналалдаги.
Цо-цо къанагIат «Бахьикъосги» щолаан, щибаб номер «Миллаталъулги» цIалулаан.
ЦIакъ настроение хвана, дихъаги Михъичихъаги дабить гьаричIого хутIарал, махновцазги бандеровцазги цIияв президент Зеленский зурулев вугилан, жиндир кIал цIорояй телематушкIа Скабеева кIалъайдал. Амма цIакъ вохана дов цо дунялго сурарав Хрюша-«кукурузникас», коньякалъул рюмкаялда нахъ, копойго Украинаялъе сайгъат гьабураб Крым Володял къокъаялъ къахIан кквеялдаса. Канешна, дагьа-ма-къабго ракIги къварилъана, тIубараб гIасруялъ «бакъалда» лъурав, дие лъебелазул тIехцин битIизе кIвечIел нужер игитаз, Крымалъул гIурусазе вагонал цIун гуманитарни груз, ай магIарухъ руге-гьечIел парадуктал ритIанилан Доктор Ватсонил донесение цIалидал. Дагъистаналда дагьалищ ругел, нужерго классикас абухъе, «напакъадул къолоца къоял нухда тIамулел» мискин-пакъирзаби? Гьединаб жоялда гурищ нужеца абулеб рукъ бакъараб садакъайилан?!
Салоялде ругьунал Махнол тIанчIахъе щвани щиб гьабилеб Кавказалъул мохмох?
Гуманитаркаги, Крымалде гуреб, дунялалъул ракъарал улкабазде битIун лъикI букIинчIодайиланги ккола цин-цин. Севастополалдаги Симперополалдаги бандеровцал гурел болъонил тIанчIи рукIаниги щиб пабальшому нужее? Карочи, умумузул цIаралъ церехун цIан унел рукIин гурони, щибниги пайда гьечIел чагIи лъугьун руго гьанже аварцазул. Ей богу, абидна.
Коррупциялъги кланазги квана-леб Дагъистан хвасар гьабизе ва жагьиллъиялде данде къеркьезе Володяца витIарав ГIабдулатIипилазул гьоркьохъев вас Рамазанги нахъего вачун анила Централъинги цIалана Инстаграмалда. Гьелъие сабаблъун кканила, хирург ГIабдулхабировас Рома кантIизе хъвараб, «ГIундулхалат сценаялда» абураб роман. ХIасил щиб ккараб? Улкаялъул эбелаб сценаялде баханилан хIамаги инжит гьабуна, божарав кIиго гьудуласда гьоркьоб кутакаб гьогьенги ккана.
Гьанже Васильевас мадар гьабулеб бугила, бащдал чиновникал Читаялде ритIун анилан «Черновикалъул» передовицаги цIалана. Харбал руго ГIабдуалиевич нахъе ани, «дедил» меседил горо гIадав МухIамадсалам тIадвуссинеги рес бугила, инсухъа хутIаралда хIур кIутIизе. Аварец ханлъуде вачIин кутакалда щакаб жо бугилан хъвалеб буго обозреватель Заурица.
Цониги казият – журналалдаса лъазе кIвечIо, лезгиязул кIиго росдае гIоло президентасул тахидаса рещтIине ккарав, коммуняга Муху Гимбатович гьанже кив вугевали.
Сталинист Беговги тIагIана политикияб аренаялдаса. Дагьав цевегIан цо машгьурав зулмучиясе зурма пулеб бертин-туялда гьесда релълъарав чи вукIанилан ракIчIезабулел макъалабиги рукIана прессаялда, амма дунго божичIо. Сталин хирияв чи хIисабалда, хIаталдаса ун вокьула дие Омарчик. Госдумаялда досул хъубухъун лъураб хъурайсин бихьарабго, Мавзолеялда вукIинцин кIочон толаан цо-цо мехалъ.
Эбелаб новость самсим кIоче-нехъин букIун буго.
ХъахIаб рокъоса буюрухъги кьун, хъахIилаб вертолеталъ вачун арав Россиялъул «бищунго лъикIав мэр» къватIиве виччаян Путин-ханасде хитIаб гьабиялъулги хъвалеб бугоан тIолабго интернет-ресурсалъ. Ханасги, жив ургъилин, бетIер хъасун бугила. Бащдаб Дагъистаналда михир бачарав чи къватIиве виччани, хутIараб бащалъиялда щиб гьабилеб нужеца? Пенсионни фондалъул бетIер тIаса вихьизавизелъун тIубараб самолеталде ПЗРКялъ ишан босизе къасд ккарав залимасе заман щвелелде амнистия лъазаби лъикIаб галилъун рикIкIунаро дица.
Цо абундачги цIалана басрияб-цIияб «Бахьикъосалда».
Росулъа вехе уневги вехеса росулъе тIадвуссуневги кIиго гIандисев дандчIван вугила кардоналда. Росулъ батIияб-цIияб хабар щибин гьикъун бугила вехеса вачIунес. Бицине гIадаб жо гьечIинха, метер кIал кквезехъин бугин жаваб кьун буго вехе унес.
Вабабай, вададай, бихьулищин хваралдаса хвараб гурони хабарги рагIулеб гьечIин къварилъахъдун вуго вехеса вачIунев.
Гьелъухъего, мугIрузул улкаялдасаги пока лъикIаб хабарго рагIулеб гьечIо.
Бикъа-хъами, чIвай-хъвай, спец-операциял, боевикал, вагьабистал, салафитал — нормални чигойищ гьечIев жакъасеб «БагIараб Дагъистаналда».
ПалхIасил, дирги расги лъикI гьечIо иш, диралдасаги тату хвараб хIал нужерги буго.
Амма дирги нужерги цо гIаммаб жо буго-«надежда» абураб. Гьеб, гIурусаз абухъе, ахиралда гурони холаро.