• ГIамрил Салманидасан (р.гI.) бачIараб хIадисалда аварагас* абулеб буго: «ГIагарлъиялъе кьураб садакъаялъул кири кIиго нухалъ цIикIкIун хъвала». (ТIабарани) • Абу Гьурайратидасан бачIараб хIадисалда аварагас* абулеб буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасул рагIдукь рукIунел гIадамал ккола жидеца садакъаги кьурал, гьебги балъго тарал, хIатта кваранаб квералъ кьураб жо жидер квегIаб квералдацин лъазе течIел». (Муслим)• Ибну ГIаббасидасан (р.гI.) бачIараб хIадисалда...

