Гьаб анкьалда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде рачIарал гьалбадерил цоявлъун Сиябшагь Шапиевги вукIана. 10 соналъ ДРялъул рищиязул комиссиялъе нухмалъиги гьабун, 2003 соналда гьев Москваялде РФялъул ЦИКалде вачана хIалтIизе. Гьеб заманалда жанир рищиялги гIадамалги хисараб куцалъул бицунеб буго Сиябшагь Шапиевасулгун нижер букIараб гара-чIвариялда. — Сиябшагь, 1990-абилел соназда дандеккун, рищияздехун гIадамазул бербалагьи цIакъго хисанадай? — Социологаз цIех-рех гьабизе кколеб...

