ХIажи Билаловасде

ГьечIо магIарул чиясе хIама гIадаб жо

 

«БухIараб бакъул къоялъ, хIеренго балеб цIадакь»,
ХIажи вачIинин абун, данде руссун рукIана.
Кьер-кьераб нигIмат бугеб, «Вдали от жён» кафеги,
Кидадай рещтIинаян, балагьун чIун нижгоги.

Права хисизе индал, гIамалгийищ хисараб?
Хехаб тел кьабуниги, тIаде ахIизе кIвечIо.
Россиялде гочиндал, рокьул гучищ цIикIкIараб,
ЦIвакарал ясазулги агъазцини гьабичIо.

Адабияталъул дарс, нагагь цIализе ккани,
Ургьибе нух къосараб, къавм бугиланищ тараб?
Маданият лъаларел, лъавукъал чагIазда гъорлъ,
Чохьол хIуби битIизе, хIал кIоларинищ ккараб.

ВачIун гьевги щвечIого, щарил нахги тIад бахун,
ТIубараб хIечч панкъазул нижецаго кванана.
Бицухъ рагIи батичIев Билаловги живго тун,
Балагьун рукIараца шашлыкIазда кIутIана.

Гьаб хIамида рекIараб, сурат бачIун букIиндал,
ХIинцаб ккун батилилан, ХIажи цояз вацIцIана.
ЦIуябги батанани, задный мост хIалтIуларин,
МухIамадхIажиясги хIукму гьедин къотIана.

АдухIилав рагIана Бахудехун шурулев,
ШашликIал рихарав чи Билалов ватиларин.
Фатимаги йикIана, Дидояв гъорлъ ватани,
Дуе щолел шашликIал, жинцаго чIамулила.

Курскиялда чIунилан, эмехвад вихьуларищ,
Эркенлъиялда йигей Амаева хIаларев.
ЧIегIеракьалде щунин, гьакъосев чIинкьа-кIутIун,
Рукъишкал хIукмуялде,
хIучч цIазе къачIа-кIатIан.

Панкъал, шашликIал кIутIун,
кIутIбузда гьоцIоги хъван,
ТIаде чай-сокги гьекъон, къватIир нижги рахъана.