Новость на родном

«Россиялъул туснахъалда тIамизе, рокъорениги раче»

27 январалда ДРялъул хIуку­ма­талда хабар ккана Сириялдагун ГIиракъалда туснахъ гьарун ругел нилъер гьаниса руччабигун лъимал тIадруссинариялда сверухъ.        Гьединаб гьаригун республикаялъул тIалъиялде рачIун рукIана гьезул эбел-эмен, гIага-божарал. Гьел къабул гьаруна хIукуматалъул вице-премьерал Анатолий Карибовасгун Рамазан Жафаровас, гьединго лъимералъул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ республикаялда йигей официалияй вакил Марина Ежовалъ.      Сириялдагун ГIиракъалда ра­гъал ккарал...

Новость на родном

УФАСалъги тезабулеб буго хIакимзабазда хъулухъ

29 январалда Монополиялда данде чIараб федералияб хъулухъалъул (УФАС) республикаялда бугеб Управлениялъул нухмалъулев Каир Бабаевас журналистал ракIарун рукIана 2019 соналда жаниб гьабураб хIалтIул бицине.       Араб соналъ гьез къабул гьабун буго кинабниги 1700-гIанасеб гIарза. Гьеб рахъалъ, Россиялъул регионазда дандеккун, Дагъистаналъул УФАС цебесеб бакIалда буго. Гьединго контракталъул системаялъул къанун хвезабура­лъухъ 5291000 гъурщиде гIакIаги къотIун буго...

Новость на родном

Министерствоялда цIа рекIана

30 январалда МахIачхъалаялъул Ирчи Хъазахъил къотIноб бугеб базаралъул спортивияб къайи-цIа бичулеб складалда рекIараб цIаялъ кинабго бакI бухIана. ЦIа свинабулел чагIазул 44 чиги кIиго техникаги букIана гьениб хIалтIулеб, амма цIа свинабун бажаричIо.    Гьенисан цIа щун буго республикаялъул Промышленносталъулгун энергетиаялъул министерствоялъул минаялдеги. МухIкан гьаричIел баяназда рекъон, гьеб миная­лъул бащдаб бухIун буго. Киналго хIалтIухъаби нахъе гочинарун руго....

Новость на родном

Коронавирусалъ сири базабун буго дунялалдаго

Гьаб анкьида жаниб дунялалъулго информалатаз кIвар буссинабураб хабарлъун рикIкIине бегьула Китаялдаса загьирлъун бачIараб цIияб унти. Коронавирусилан цIар кьураб гIузруялъ рецун ралел руго гьенир гIадамал.         Ахирисел баяназда рекъон, Китаялда гьелъ хун вуго 200-ялде гIагарун чи. Унтаразул къадар анкь­азаргоялде бахун буго. Улкаялда рахIат хвараб ахIвал-хIал буго. Коронавирусалъ унтарал регизаризе хас гьабун балеб буго цIияб...

Новость на родном

Цо-цо хIакимзабазе бадирчIваялги щвана

30 январалда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессиялда гьоркьоб лъуна 20-гIан суал. РФялъул президентас Федерациялъул Советалде гьабураб хитIабалда тIасан пикраби загьир гьарун хадур, жидерго хIалтIул хIасил гьабизе цере рахъана МВДялъул министрги, ХIисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулевги, инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъаль ДРялда вугев официалияв вакилги, цогидалги.      Гьенир рорхарал суалазул цояб букIана МахIачхъалаялда басриял минабахъа гIадамал цIиял...

Новость на родном

ХIижаб – фарзищ, модайищ?

ТIоцебесеб февралалда дунялалъул гIемерисел улкабазда кIодо гьабула хIижабалъул къо. Гьелъие кьучI лъуна Бангладешалдаса Назма Кханица. Назма жеги гьитIинго йикIаго, гьелъул эбел-эмен гочун руго СШАялде. Америкаялъул школалда ва институталда цIалулеб заманалда, хIижаб чIварай гьелда тIад релъулаан цадахъ цIалулел. Гьеб мехалда байбихьана Кханица Интернеталдаса хIижабалъул хIакъалъулъ бицунеб хасаб къокъа гIуцIизе, хIижабалъул кIваралъулги гьениб гIемер бицунаан.Гьелъул пикруялъул рахъ...

Новость на родном

Рагъул лъимал

Исана тIубала 75 сон КIудияб ВатIанияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса. Гьелда бан, «ХIакъикъаталъул» редакциялъ лъазабулеб буго 5-11 классазул цIалдохъабазда гьоркьоб «Рагъул лъимал» абураб темаялда хъварал творческиял хIалтIабазул къец. Редакциялде ритIизе ккола 1939-1949 соназда гьарурал гIадамазул хIакъалъулъ хъварал макъалаби. Кинаб букIараб рагъул соназда гьарурал гIадамазул лъимерлъи? Кинаб кумек гьабураб гьез гIагараб колхозалъе, жидерго хъизамалъе? Кинаб...

Новость на родном

Прилагательноялъул жинс (3 класс)

(Цебесеб 3-абилеб номералда)   ХIеренаб чирахъХерав кIкIалГвангъараб кIодоГIолохъанав расГъваридаб чиХIалимай яс. VIII. Дарсил хIасил гьаби.Тест1. Прилагательное буго: а) рагIул бутIа; б) каламалъул бутIа; предложениялъул член.2. Прилагательноялъ бихьизабула: а) предмет; б) иш; в) предметалъул гIаламат.3. Прилагательное жаваблъун бачIуна гьал суалазе: а) щиб? щив? щий? щал? б) кинаб? кинав? кинай? кинал?4. Гьелъул буго … жинс: а) 3;...

Новость на родном

Жакъасев цIалдохъанасул тIалабазда рекъон

Гьанжесеб Россиялъул лъай кьеялда лъугьун буго хадургъезе захIматаб хIал. Сон байбихьарал реформаби мекъал рукIанин мукIурлъулеб гIадатги гьечIо, амма реформаби цIигьарун хисизариялъул ахирги гьечIо. Реформаторазул пикрабиги батIи-батIиял руго. Масала, гIемер бицунаан, сон-церекъад, ай советияб заманалда школаздагун вузазда лъай щварав учителасухъа жакъасев цIалдохъанасе дарс кьун бажаризе рес гьечIин абун. Щай гьеб бажарулареб? ГIасраби хисаниги, хисун гьечIелъул методикиял къагIидабиги...

Новость на родном

Дагьабго гьими

Херал-беццал рос-лъадуда цIе-хон буго, щиб гьабулелин нуж рукIунел къаси рокъорилан. Мокъидаса рортарал гIанкIаби гIадин рукIунилан жаваб кьун буго хераз.***Васас инсуда абула:Дада, эбелалъ абуна мун рокъов хIатIида гIицIго хьвадейилан. Щай эб элъие?!— Эбелалъухъа рукIкIби рилун руго, гъолъие къваригIун буго дуда эл ратизе.***«Дир гьаракь нужеда жеги рагIизе буго», — ян абунила хIамица, гьелъул тIом къолода балеб мехалъ.***Цо...