Исана январь моцIалда 105 сон тIубала физикиялгун математикиял гIелмабазул кандидат, философиял гIелмабазул доктор Халил МухIамадович ФатагIалиев гьавуралдаса.
Х. М. ФатагIалиев гьавуна 1915 соналъул 21 январалда Гъуниб районалъул Кудалиб росулъ. Гьесул эмен МухIамад вукIун вуго жиндир заманалда рекъон гIезегIан бажари-лъай ва гIараб цIали бугев, наибасул мирзалъун хIалтIулев чи.
1924 соналда Халил ун вуго гIагараб росдал байбихьул школалда цIализе. 1927 соналда росулъ 3 классги лъугIун, росдал школалда 4-абилеб класс букинчIолъиялъ, гьев СалтIа росдал школалде цIализе уна. Гьениса лъаялде гIашикъав Халил Гъуниб опорнияб школа-интернаталде цIализе уна. Гьенив, 1926 соналда гьев восула комсомолазул кьеразулъе.
1929 соналда лъикIал къиматазда гьеб лъугIарав цIалул цевехъан Халил, ВЛКСМалъул райкомалъул
бихьизабиялда рекъон, Гъуниб районалъул лъай кьеялъул отделалъ Х. М. ФатагIалиев цIализе витIула МахIачхъалаялда рагьараб индустриалиябгун экономикияб техникумалде. Гьениб ункъо сонилаб цIалиги лъабго соналда жаниб лъугIизабун, кIудияб бажари букIин якъинго киназего загьирлъана. Хасго цIикIкIараб рекIел цIайи букIана гIолиласул тIабигIаталъул гIелмабазде: физикаялдехун ва математикаялдехун. Гьединлъидал, 1932 соналда техникумги лъугIизабун, гIумруялъул 17 сон тIубарав Халил ФатагIалиев Москваялде М.В. Ломоносовасул цIаралда бугеб университеталъул (МГУ) физикаялъулаб факультеталде цIализе уна.
1937 соналда МГУялъул физикияб факультет лъугIарав гьев, ректораталъул хIукмуялдалъун гьенивго аспирантураялда цIализе тола. Гьел соназда гьес печаталда рахъана гIезегIанго гIелмиял макъалаби. Гьедин, тIоцебе 1939 соналда басмаялда бахъана гьесул «ЗагIипаб макъратIисалъ плазмаялъе (электрикияб заряд бугеб атом) гьабулеб асар» /«О влиянии слабого магнитного поля на плазму/» абураб хIалтIи.
Физикаялъулгун математикиял гIелмабазул кандидатасул диссертацияги цIунун, 1940 соналда гIагараб ватIаналде тIадвуссарав гьев педагогикияб институталъул физикая-лъул кафедраялъул заведующийлъун тола. КIиго соналдасан, гьев тIамуна гьеб институталъул директорлъун.
Рагъул соназда гьесда божилъи гьабуна КПССалъул Дагъобкомалъул отделалъул заведующиясул хъулухъ, 1946 соналдайин абуни гьев вищана партиялъул Дагъобкомалъул кIиабилев секретарьлъун.
1947 соналда Х. М. ФатагIалиев вищула ДАССРалъул ва РСФСРа-лъул Верховныял Советазул депутатлъунги. Хадуб, гIелмуялде гьесул бугеб гъира бихьун, гьев витIула Москваялде, докторантураялде цIализе. Халилие цIакъ бокьулаан философия. Гьединлъидал батила, гьес хIаракат бахъараб «Советияб физикаялъул гIелмуялда диалектияб материализмалъе гIоло къеркьеялъул тарих» абураб темаялда тIасан докторасул диссертация хъвазе. 1950 соналъул декабралда гьес, гьеб темаялда диссертацияги хъван, гIелмабазул докторасул цIарги цIунана. ГIолохъанав гIалимчи Халил ФатагIалиев Москваялъул МГУялдаго хIалтIизе тола байбихьуда диалектикияб ва историкияб материализмалъул кафедраялъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъанлъун. 1953 соналда гьев тIамула философиялъулабгун естественниял факультетазул кафедраялъул заведующийлъун ва гIумруялъул ахирисел къоязде щвезегIан гьенив хIалтIана.
СССРалъул ГIелмияб академиялъул членал-корреспонденталгун цадахъ лъугьун, гьесул нухмалъулеб кафедраялъ къватIибе биччана «ТIабигIат лъаялъул философиял суалал» абураб, лъабго томалдаса данде гьабураб гIелмияб хIалтIи. 1959 соналда гьесул хIалтIаби мустахIикълъана М.В. Ломоносовасул цIаралда бугеб премиялъеги.
Х. М. ФатагIалиев гIелмияб гьунаралъе мустахIикъаб къимат кьуна къватIисел улкабазул гIалимзабазги. 1958 соналда гьев витIун вукIана Германиялде, философиялъул суалазда тIасан лекциял цIализе. Гьев кIалъана Берлиналъул, Лейпцигалъул университетазул гIалимзабазда цеве. ГIенеккаразул ракIалде щвеязда рекъон, Халилица лекциял цIалулел рукIун руго киналгIаги хъвай-хъвагIаялги кодор гьечIого.
Х. М. ФатагIалиевас философиялъул гIелмиял хIалтIаби руссинарун руго паранг, немец, ингилис, румин мацIаздеги. Гьес нухмалъи гьабулеб букIараб кафедраялъ къокъабго заманалда, ай 10 соналда жанир къватIире риччана 350 гIелмияб хIалтIиги 70 тIехьги. Гьес жинцаго абуни хъвана 60-ялдасаги цIикIкIун гIелмияб хIалтIи. Гьесул 1959 соналъул риидал басмаялда бахъизе кьураб «ТIабигIиял гIелмаби ва жамгIияталъул хIакъикъиябгун хIалтIулаб кьучI» абураб ахирисеб гIелмияб тIехь къватIибе бачIана 1960 соналда, ай гьев хун хадуб.
Машгьурал гIалимзаби М. Шахпороновас, Г. Касавиница, К. Новосельцевас, П. Сивоница, Х. М. ФатагIалиевасул пикрабазул гIелмияб гъварилъиги бихьизабун, чанго хIалтIаби хъвана гьесул хIалтIабазулъ рагьарал философиялъул суалазул хIакъалъулъ. Халил кколаан М. В. Ломоносовасул цIаралда бугеб премиялъул лауреат, РСФСРалъул Верховный Советалъул депутат. Гьесул гIелмияб хIаракатчилъи кIодо гьабун букIана «ЗахIматалъул БагIараб байрахъ» ва «ХIурматалъул гIаламат» орденаздалъун ва «КIудияб ВатIанияб рагъда бихьизабураб бахIарчияб захIматалъе гIоло» ва «Кавказ цIуниялъе гIоло» медалаздалъун. Х. М. ФатагIалиев кколаан чанго гIелмияб журналалъул редколлегиялъул членлъун, СССРалъул гIелмабазул Академиялъул философиялъул Институталъул гIелмияб советалъул членлъун ва КПССалъул ЦКялъул лекторлъун.
1959 соналъул 23 октябралда ракIалдаго гьечIого Бакуялдаса Москваялде боржунеб букIараб Ил-14 самолет, Внуково аэропорталда гIагарлъухъ гIодобе бортун бухIиялъул хIасилалда, гIолохъанго, жеги 44 сонил ригьалда, абадиялъул рокъове ана гIелмияб тарихалда бихьулеб лъалкI тарав гьунар бугев гIалимчи Халил ФатагIалиев. Доб 1959 соналъул 23 октябрь хIакъикъаталдаги балагьалъулаб къолъун кканин абизе бегьула. Щайгурелъул Халил тIад рекIараб самолеталъе байбихьудасанго гьава-бакъалъ квалквал гьабулеб букIиндал. Сталинградалъул аэропорталде 2 сагIаталъ кватIун щвараб самолет, гьениса Москваялде боржана. Внуковоялда рещтIинеги кIвечIого, кIиго сагIаталдасан гьеб Сталинградалде тIадбуссана. 14 сагIаталъ хIалхьи гьечIого гьеб бачунеб экипажалъ нахъеги Москваялде сапар бухьана. Внуково аэропорталда рещтIунеб гьеб, 20 метр борхалъи бугел гъутIбузул караздаги хъван бортана ва самолеталда цIа рекIана. Экипажалъул щуго чи ва 23 пассажир, гьездаго гьоркьор рукIана Халил ФатагIалиевги композитор Сергей Агъабабовги, хвана. ЧIаго хутIана гIицIго цохIо чи.
Халил ФатагIалиев лъалев вукIаразул рекIелъ гьев хутIана унго-унгояв гIалимчи, гIенеккаразул рекIелъе бортулеб каламалъул, ракIбацIцIадго жамгIияталъе ва пачалихъалъе хъулухъ гьабурав хIаракатчи хIисабалда. Гьесул росуцояв АхIмадкъади Давудовас жиндирго «ФатагIалиев ракIалде щвеялъе» абураб кочIолъ хъвалеб буго:
«Халил, дур кьерилал
гIyнтIyн тIилалгун
Росдал годекIабахъ харбида руго;
Аралъул, таралъул, букIинеселъул
Бицунеб буго гьез заман иналъе.
Цо нухалъ дур бицун
хабар ккарабго,
Херав кудалисес берал рацIцIана;
Хадубго разияб рекIел acapгун,
Гьес дур гIумруялъул
сурат бахъана.
Дур гIумруялъул нух –
гIелмуялъул нух,
Дур захIматалъ бараб
нигIматалъул ах,
Гьаб Дагъистаналъул
гIолел гIелазе.
ГIемерал гIасрабаз
мисаллъун чIела.
Дур гIумрудул гама
гIелмудал ралъдалъ
Лъедана — дуниял хIайран гьабуна;
Гьелъ кьураб канлъуца
гIалам боххана,
ГIакълу камилав мун
халкъалда лъана.
Дагъистаналдаса Ломоносовин
БукIана дуе кьун
машгьураб тIокIцIар,
Кибего рагIарав гIалимчиясул
Шапакъат тIоцебе дуе хIакълъана.
Халил, паркъун араб къокъаб
дур гIумру,
Къокъидго къотIараб
ихдал хIанчIил кечI.
Дуца нахъе тарал хIикматал ишал, —
Дагъистан бохизе
хутIарал лъалкIал»…
ГIелмияб тарихалда бихьулеб лъалкI нахъе тарав ва халкъалъ жидеда «Дагъистаналдаса Ломоносов»-илан абулев вукIарав кIудияб жаналъул инсан Х. М. ФатагIалиевасул хIурматалда гьев хIалтIулев вукIараб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул азбаралда лъун буго мазгарул бюст. Гьесул цIар кьун буго ДГУялъул физикияб факультеталъул гIелмияб лабораториялъегун гьев цIалулев вукIараб Гъуниб райцентралда бугеб школалъе.