Жанисеб туризмалъул бачIинахъего лълъар ккурав чи вуго Хунзахъ районалъул Харахьиса Шамил Шангереев. Турфирма гIуцIарав чи хIисабалда гуревги, Шангереев машгьурлъана нилъер мугIрузул улкаялъул берциналщинал бакIал, миллияб хаслъи цIунарал гьайбаталщинал гIадамазул жинцаго рахъарал суратазул выставкаби тIоритIиялъги. Живго гьев гIуна Дубки поселокалда, гьесул лъимерлъудаго эбел-эмен рачIана ЧIикIаб ГЭС балеб бакIалда хIалтIизе. Советияб заманалъго рукIарал батIи-батIиял заводазда хIалтIун гуреб цебеккун творчествоялъулгун щибго бухьен гьечIев чи вукIана гьев. Соназул завалалде вахигун квербараб иш гьанжесел тIалабазда рекъон нухда бачинелъун, Шамилица цIалун лъазабуна «менеджмент по туризму» абураб махщел.
«ХIакъикъат» газеталде гьоболлъухъ щварав Шангереевасулгун букIараб гара-чIвари кьолеб буго гьаниб гъоркьехун.
— Турфирма рагьулев чиясда тIоцебе жиндаго лъазе кколеб батила тIабигIаталъул тIокIаб берцинлъиялъул, тарихиял ва цебесеб архитектураялъул хаслъи цIунарал бакIал. Дуца сундаса байбихьараб?
— «Одноклассникал» абулеб жамгIиял гьиназул бутIаялда батана кIиго гIолиласул къец, цояв дагъистанияв, цогидав эрменияв. Дагъистан Армениялдаса цIакъаб бугин жиндирабго чIезабулев нилъерасда эрмениясе гьикъулеб бугоан нужер дунялалдаго машгьурал бакIал, гIадамал рехсеян. Нилъерасул сихI къотIана. Гьезул харбида гьоркьовеги жувачIого дунгоги ургъана, гьеб суалалъе жаваб кьезегIанасеб жо дидагоги лъалеб батичIолъиялдаса намуслъана. Гьелдаса нахъе тIадчIун байбихьана лъазабизе нилъерго ракь, тарих. Интернеталда хъирщардилаго тIаде ккана Камил Чутуевас церего рахъарал Дагъистаналъул берцинлъи рагьулел суратазде, гъира бижана гьел бакIазде щвезе. Цо гIадатияб фотоаппаратги босун къватIиве вахъана. ЛъикI лъугьарал суратал жамгIиял гьиназда лъуна. Гьел рихьидал, жидееги бокьилин гьел бакIал рихьизеян абулелги камичIо. Газель машинаги ижараялъе бачун байбихьана нилъерго республикаялдаса 7-8 чи вачун хьвадизе. Басриял маршруткаби санагIат гьечIел ругин абулев чи кколароан, сапаралде бугеб гъираялъ разиго рукIана тIоцересел туристал.
— Дагъистаналъул рахъалъ чанги батIияб пикруялъул чи вукIунев ватила къватIиса рачIарал туристазда гьоркьов..
— КIиго-лъабго соналъ цебе букIараб туристазул къокъа ракIалдаса унаро. Нилъер гьаниб букIана Москваялъул «Спартак» ва нилъер «Анжиялъул» футболалъул хIай. Гьеб байбихьилалде чанго къоялъ цере кIалъан рачIана «Спартакалъул» болельщикал, мачт байбихьилалде жидее Дагъистаналда экскурсия гьабиларищан. ТIаде балагьун согIаб рагъа-рашариялъул, 9-10 гIолохъанчи вукIана. Спорталъул фанаталги батIи-батIиял чагIи рукIунелъул, гьел цо кIалъазаризе дица нилъерго къагIидаялъул махсара гьабулеб букIана. Гьеб бичIчIулел гIадал чагIи гьечIилан тана. Дагъистаналда рукIарал кьвагьа-гIанхъиязул, чIвай-хъвеязул суалал рукIана гьез кьолел. Гьезда бихьана тIубан батIияб Дагъистан, халкъалъул гIаданлъи, миллияб хаслъи. Балхаралда оцбаялъул байрамалде щвана байбихьуда гьелгун. КIудияб хIурмат гьабуна щванщинаб бакIалда гьезул.
КIиго-лъабго къоги гьаниб бан тIадруссунелъул, Дагъистаналъул рахъалъ тIубан батIияб пикругун, къвалал ралаго церего лъалел гьудулзабазулгун гIадаб букIана къо-лъикI гьаби. Гьединал мисалал чанги ккана…
Дагъистан бихьарал чагIазул нилъер рахъалъ квешаб пикру букIине рес гьечIо.
— Байбихьизе захIмат букIанищ? ХIалтIухъабазе харжалги кьезе, цIиял, машинабиги росизе ккани, гIезегIан харжал гьаризе кколел ратила. ХIакъикъаталдаги хайир кьолеб иш бугищ гьеб..?
— Коммерциялъулаб иш цебетIезе гIарацги гьечIого гIелищха. Дир пикру кидаго буссун букIуна фирмаялъул хIалтIул даража лъикIлъизабиялде. Нилъер ракьалъул, гIадамазул рахъалъ лъикIаб пикругун тIадруссун унел туристал рихьидал ракI бохула, жеги лъикI хIалтIи гIуцIизе гъира бала. Дагъистаналде унго-унгоги рокьи бугев, нилъерго ракьалъул хIурмат гьабулев чиясдаса гьоболги разиго хутIула. ГIицIго щолеб хайиралде ургъун гьеб рахъ цебетIоларо. Дир хIисабалда, нилъерго ракьалде гьалдолеб рокьи букIине ккола.
— Нуж сапаргун рачIараб бакIалъе щиб хайир бугеб туризмалъул?
— ХIалтIи гIуцIизе лъарал бакIазда хайирги буго. Туристаздаса жидеего пайда щолеб хIал гьабизе рес буго щибаб районалда.
Гьелда ургъуларо нилъер гIадамал. ТIоцебесеб иргаялда дица налогал кьолел руго, хадубги 15 чиясе хIалтIи буго, ниж щванщинаб бакIалда туристаз жидеего хIажатабщинаб босун даран гьабулеб буго, кафеязда кваналел руго. Гьеб гурищ хайир?
Мадугьалзаби — чачаназ ва цогидал ниж щварал республикабазда, хIукуматазда кутакалда лъикI гIуцIун буго гьеб иш. Нилъер гьаниб гьединаб даражаялде туризмалъул иш бахин анищазулъ хутIулеб буго жеги. Гьелъ республикаялъего кьезе бугеб пайдаялъул тIубараб бичIчIи щун гьечIо гIадамазухъе.
— Шамил, гьеб ишалъул анищазулъ цойги щиб бугеб дур?
— Къасд буго гьалбадерил рукъ базе. Гьебги нилъер магIарул цебесеб архитектураялъул къагIидаги цIунун. Киб гьеб балебали жеги цойиде ккараб пикруги гьечIо.
— Сунца вохизавулев бищунго? Сапаралъ араб мехалъ сурукъ щиб бихьулеб?
— Вохула, чIухIула нилъер халкъалъул гIаданлъиялдаса, гIадатлъиялдаса. Туризм, бизнесинги абун, гIадамазулъа гьеб гьобол хиралъи, ракIазул сахаватлъи билун инин хIинкъун вукIуна.
Пашманлъула гьайбатаб тIабигIаталда тIибитIараб чороклъи, росабазул рагIалда ратулел рищниялъул гохIал рихьун. Сапаразда хIухьбахъулеб бакI нижецаго бацIцIад гьабула. БакIалъулал хIакимзаби, ран галстукалгун, хъахIал гурдалги ретIун рукIуна балагьун, къватIиса рачIарал дир туристазин абуни гьезул сверухълъи бакIарула. Гьедин лъазарурал акциязда гIахьаллъи гьабизе бокьанщинал туристал рачун хIалкIоларо. Рищниялъе къандалъабиги, квердахелалги дицаго росула, гьеб сапарги къадеквенги чIобого букIуна туристазе. «РацIцIалъи цIуне» абун гьел бакIазда нижеца чIван тарал игIланал рухIун ратула, нахъеги щвелалде гъобго чороклъи гьабун батула. Гьеб гьечIищ нилъ намуслъизе ккараб жо…