27 январалда 70 сон тIубана фашистазул аскаралъ сверун ккураб Ленинград эркен гьабуралдаса. Гьелъул хIурматалда МахIачхъалаялъул №5 лицеялда тIобитIана «Блокадаялъулаб Ленинград» абураб ракIалдещвеялъул тадбир. Ракъи-къечалъулгун квачалъул зулму хIехьараб бахIарчияб шагьаралъул тарих берцинго рагьана тадбиралда гIахьаллъарал лицеялъул цIалдохъабаз. РакI бахиллъана гьезул пагьмуялда, бицунелда гъорлъе раккизеги доб заманалъул захIмалъи рекIелъе биччазеги бугеб бажариялда. Гьадинал цIалдохъаби рукIаго, ватIаналде рокьи...

