Суалал-жавабал

Гъоркьехун рехсолел суалазе жавабал кьуна ДРялъул пенсиялъул фондалъул пенсия чIезабиялъул ва гьелъул хIисаб-суал гьабиялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель ГIайшат КIудиямухIамадовалъ. 

Казбек районалъул Гуни росулъа ГIалица цIехолеб буго: «КIудияб ВатIанияб рагъда рагъухъабазе квен хIадурарал богогьабазе хIукуматалъ гьабулеб кинабгIаги кумек-бигьалъиго букIунищ?» — ан. 

— «Рагъул гIахьалчи» абураб цIарги, гьелъие хIужалъун кколеб удостоверениеги ГIалил батани, гьесие щола гьелда рекъараб гIарацги (ЕДВ) ва рагъул ветераназе рихьизарурал бигьалъабиги.
Амма рагъухъабазе квен хIаду­рарав богогьан абун, хасгьабун гье­сие щолеб гIарацги бигьалъиги бу­кIу­наро.

Хунзахъ районалъул БуцIра росулъа ГIабдулхIа­мид МухIамадовас цIехолеб буго: «2018 соналъул 31 августалда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталда» (№34) бахъун букIана Россиялъул президент В. В. Путиница халкъалде гьабураб хитIаб. Гьелда хъван букIана 30 ва цIикIкIун соназ росдал магIишаталдаги хIалтIарал, росулъ гIумру гьабунги ругел ва кирниги хIалтIулелги гьечIел пенсионеразе цо чIараб страховияб пенсияги, гьелде тIаде 25 процентги кьезе бугин. Гьедин гьабизе ракIалдаги бугин 2019 соналъул тIоцебесеб сентябралдаса байбихьун.
Дун ккола 42 соналъ росдал магIишаталда хIалтIарав, гьабсагIат хIалтIулевги гьечIев, росулъ гIумру гьабун вугев чи. В. Путинил хитIаб цIалидал бичIчIулеб буго, бугеб захIматалъулаб пенсиялде тIаде 25 процент кьезе кколеблъи дие. Гьелъул хIакъалъулъ цIехон пенсиялъул фондалде индал, гьез жаваб кьуна 5334 гъурщил 25 процент кколила 1333 гъурущ ва гьеб дуеги щванила. Бокьилаан гьез кьураб жаваб битIараб бугищали лъазабуни».

— ГIабдулхIамидица жинцаго жиндирго суалалъе тIубараб жаваб кьун буго. Амма тIадехун рехсарал чагIазул захIматалъул пенсиялде тIаде 25 процент кьезе байбихьана, гьес абулеб 2019 соналъул тIоцебесеб сентябралда гуреб, 2019 соналъул тIоцебесеб январалдаса нахъе. 25 процентги жубана, захIматалъул пенсиялде тIаде гуреб, пенсиялъул базовияб бутIаялде (5334 гъурущ), 1333 гъурущ ккола гьелъул 25 процент. ХIасил-калам, пенсиялъул фондалда дуе битIараб жаваб кьун буго.

«40 процентгIан дагъистаниязе щвечIо 2019 соналда хIукуматалъул нухмалъулез пенсионеразе кьезе рагIи кьун букIараб анкьго процент гIарцул. Гье­лъие гIиллалъун гьез рехсана захIматалъухъ щолеб бищунго дагьаб гIарцул къадар цIикIкIинабичIолъи. ГIадатиял гIадамалищ гьелъие гIайибиял?»

— БитIараб буго, цо-цо пенсионеразе щвечIо 2019 соналъул тIоцебесеб январалда хIукуматалъ индексация гьабизе бихьизабун букIараб 7,05 процент гIарцул. Гьеб щвечIел чагIи ккола бищунго гIодобегIанаб къадаралда (гIумру гьабизе къваригIунеб бищунго дагьаб) пенсия щолел гIадамал.
№49 федералияб законалда рекъон, 2019 соналъул марталда гьезул пенсиялъул хIисаб (расчет) батIайиса гьабуна ва, 2020 соналъул январалдаса нахъе хIисаб гьабун, гьезие индексациялъул 7,05 процент гIарцул пенсиялде тIаде жубана.

«Пенсиялъул фондалдаса нахъе босизе бегьулищ данде гьабураб (накопительная часть) пенсиялъул бутIа? Бегьулеб батани, кибе хитIаб гьабизе кколеб?»

— Гьеб нахъе щвезе рес букIуна хадусел шартIазда рекъон:
1. Херлъиялда бан пенсия чIе­забуралдаса нахъе яги чIу­жу­гIа­да­налъ 55, бихьинчияс 60 сон бан бу­гони;
2. Лицевой счеталда данде гьабураб (накопительный) гIарац бугони (гьел ккола 1967 соналъ гьарурал ва жеги гIолохъанал чагIи);
Данде гьабураб (накопительный) гIарац нахъе кьейин абун гIарза хъвазе ккола пенсиялъул пачалихъияб фондалде яги МФЦялде. Жалго бетIергьанал чагIазул пенсиялъул фондалда гьеб батани, гьелъул нухмалъулесухъе.

«Эбелалъул капитал сундуе хIалтIизабизе ихтияр букIунеб? Гьеб мурадалда кибе хитIаб гьабизе кколеб?»

— Эбелалъул капитал хIалтIизабизе бегьула: мина-рукъ босизе яги базе, ракьул бутIа босизе, рукъалъул шартIал лъикIлъизаризе, лъималазе лъай кьезе, лъималазул ахалде, сакъатаб лъимадуе къваригIунеб жо босиялъе хвезабизе. Гьеб мурадалда хитIаб гьабизе ккола пенсиялъул фондалде яги МФЦялде.

Казбек районалъул Калининаул росулъа ГIумалат-хIажица цIехолеб буго: «Дица подписка гьабуна бокьулеб газеталъе 2020 соналъе. Амма кватIун гурони лъачIо почалдаса гьабураб подписка хираго чIолеб букIин, ай подписка гьабуралъухъ почалъ босулеб буго 60 гъурущ. Дун гIадал пенсионеразе 60 гъурущги гIарац ккола. Бегьуларищ, почалдаса гуреб, цоги батIиб къагIидаялда подписка гьабизе?»

Гьаб суалалъе жаваб кьуна «Россиялъул почалъул» Дагъистаналда бугеб отделениялъул подпискаялъул отделалъул хIалтIухъан Жаният Гереевалъ:

— МоцIрое подписка гьабун почалъ босула 57,57 гъурущ. Гьел гъурщазул экономия гьабизе бокьаразе рес букIуна редакциялдасаго подписка гьабизе, амма цIалдолесухъе газета жибго редакциялъ щвезабизе ккола. Гьединго подписка гьабизе бегьула киоскалдасанги, гьелъ почхIакъ босуларого, гьединлъидал цIалдолесе подписка саламатго учузгоги чIола.