Цебего заманалда дида цо чи вихьана Магнитка шагьаралъул Урал гIурухъ гIодов чIун ччугIа кколев. Щивдай гьав гIабдал гьадин квачараб сардилъ гьанив гIодов чIун ччугIа кколев абун ракIалде ккарав дунги «Къули» Мага абулев цо хъаранисевги рилълъана аскIоре. Мага вахъана, гьасие саламги кьун, магIарул мацIалъ щиб- кинилан гьикъа-бакъизе. – Я, вац Мага, хъахIилал беразул гьав чи кинав...

