«ГодекIан лъикIаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалъ гIодор чIечIони». Гьединаб аби буго магIарулазул.
Анкьумумулъанго бачIараб гIадаталда рекъон, годекIан — гьеб кколаан лъикIабги квешабги бицунеб, росдал масъалаби, гIузраби дандралеб, харабаз тIаде гIолеб гIелалъе тарбиялъул дарсал кьолеб, жакъасеб мацIалда абуни, жамгIияталъул унго-унгояб институт. Амма жакъа годекIан гьединаблъун гьечIо, хIатта годекIанин абураб рагIицин гIемер хIалтIизабуларо.
Бокьараб росулъе щвани, тIаде вачIарав гьоболас тIоцебе цIехолаан годекIан бугеб бакI. Гьесда лъалаан годекIаниса чи камулареблъи ва цо лъица бугониги жив рокъове вачине вугеблъи. Жакъайин абуни жамгIияталъул гьеб институт тIубанго биххун буго, щиб росулъе щваниги, нус-нус соназ умумул гIодор чIолел рукIарал цIорорал тIалаби гIицIго ратула.
Щайха жакъа годекIаналъул къимат хун бугеб? Кире арал, хьагиниса гелгIанги гьениса камулел рукIинчIел нилъер хараби?
Цере годекIабахъе унаан чIахIияз бицунеб харбихъ гIенеккизе, росулъ ккара-тараб, рагIараб-бихьараб гьенисан лъалаан. Гьанжейин абуни годекIаналъул гIакъиллъи лъугIун буго, гьелде регIарав чи гьечIо. ЧIахIияздаги гIисиназдаги гьоркьоб кьер билун буго. ГIисинал чIахIалъун руго, чIахIиял гIисинлъун руго. ГIакълу кьезеги чи тIагIун вуго, кьураб босизеги чи гьечIо. Гьедин букIиналъ лъугIун буго годекIабазул магIнаги.
Цебе, ай чехь цIезегIан кваназе жо щолареб, хинкIги хIанги, хинкIги хинкIал рахъараб карщги кванан гIадамал яшавалда ругеб, колхозалдаги хIалтIун, хIалтIаниги гъоркь ккуниланги абун кодобе жого щолареб заманалда годекIан букIана гIадамасул керенги чучулеб, росдал рухIияб рахъги бихьулеб бакI. Нус-нус соназ умумуз гьабулеб букIанщинаб, гьаб ахираб заманалда бицунелъухъ гIенеккидал, кинабго батана мекъи гьабураблъун. РетIелги батана мекъаб, кваналеб квенги батана мекъаб, рагъа-рачариги батана мекъаб. Гьединал хIужабаз годекIабаздаги кьаби щвезабуна ва гьелги чIороголъана.
Умумузул аби буго годекIаниб лъикIаб жо бугила канахIехьин абураб. Амма гьелъул магIна жакъасеб гIелалда лъаларелъул, гьелъул хIакъалъулъги бицина. МагIарухъ токги гьечIеб, чирахъ бакизе нартги щолареб заманалда, магIарулаз хIалтIизабулаан кан. Гьебги ккола гваргъун цIа рекIунеб цIул. ГодекIаниб хабар бицунеб мехалда кверал квалквадизариялъул зарал букIунарелъул, хIатта имам Шамилил заманалда годекIанир рукIун руго хер чухIулел ражихабицин. Гьединги пайда босулеб букIун буго заманалдаса нилъер умумуз. КанахIехьги гъоба букIунила жамагIаталъул гIаммаб бетIергьанлъиялда, гъобаса къваригIарас гIисинал чIилал, цIулал кескал къотIун рокъоре росизе. ГIемераб хабар бициналдасаги, мунагьал гьариялдасаги канахIехьалде руссун рукIин пайдаяблъун рикIкIунаан. Гьедин бижараб батилин ккола гьеб кици «годекIаниб лъикIаб жо канахIехьин» абураб.
ХIакъикъаталдаги, цебе тIощелги жанибе буссараб, хур-херги гьабун лъугIараб заманалда годекIан букIана ракIгъеялъеги хIухьбахъиялъеги гIадамал руссунеб бакIлъун. Гьанжейин абуни кинавго чи гъурщида хадув лъугьараб, цоцаде регIулареб мех бачIун бугелъул, годекIабазулги къимат хвана.