Ункъо соналъ гьоркьоса къотIичIого, щибаб хасало, Къамилухъ росулъ тIоритIула лыжабазда хъещтIеялъул рахъалъ къецал. Щибаб гIелалда гьоркьор батIи-батIиял къояз тIоритIулел гьел къецазда гIахьаллъула школлъимал ва росдал гIолохъаби. Къамилухъ буго лыжабазда хъещтIеялъе санагIатаб бакIги, гьенир чIезарун руго хIажатал шартIалги. ГIолилалги лъималги разияб гьеб ишалъе квербакъулеб буго росдал администрациялъ, школалъ ва спорталъулгун лъикIаб гьоркьоблъи бугел росдал гIолохъабаз. Исанаги...

