МагIарул бечелъи рагьулеб байрам

ГIедегIун унел рукIана магIарулал Авартеатралде, миллаталъул мацIа­лъулги, маданияталъулги, адабияталъулги гъасда гьелегьараб цIадул хинлъиялъухъе. Киса-кибего рагIу­леб гIагараб каламги, кванил гьуинал махIалги, кьабулеб къалиги, пулеб зурмаги — гьеб киналъго рекIелъ рещтIинабун букIана талихIалъул асар. 
Лъицаха нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизе бугеб, нилъецаго ма­йилан кьечIони? Гьеле гьединаб, гьеб къоялъ театралда гIадаб чIа­голъи букIуна магIарухъ кидаго. Гьеб чIа­голъиялъулъги чIагоял тIугь­дул­лъун рукIуна лъималги. 
 
Каламалъул пасихIлъиялъ пана гьаруна  
 
Гьеб къоялъги доб гъанситухъ бищунго канал цIадул хIенхIаллъун рукIана школазул цIалдохъаби, ясли-ахазул гьитIичал. Байрамалдаго нур базабуна гьезул церерахъиназ.
Фестиваль байбихьилалде цере­гIан­го къояз, «Аварал» абулеб гIо­ли­лазул гIуцIиялъ жамгIиял гьиназда бугеб жидерго гьумералдасан лъазарун рукIана лъималаз кучIдул пасихIго рекIехъе цIалиялъул къецал. Гьенир гIахьаллъана лъабго ва цIикIкIун сонал ругел лъимал.
Рехсарал къецазул хIасилал гьаруна гьеб байрамалъулаб  къоялъ Авартеатралда. Финалалде рорчIарал лъимал жидерго гьунаргун фестивалалъул гIахьалчагIазда ва гьалбадерида цереги рахъана.
Байрамалъул гьеб бутIа балагьаразул ракIазе кIудияб асар гьабиледухъ нухда бачана гIолохъанав шагIир Рамазан Халидовас. Миллияб парталги ретIун, гьев цеве вачIиндал, цебе лъураб гIадин ккана тIолабго магIаруллъиго. Рорхатал мугIрузул тIогьазда тIавап гьабулел пахруял ва чIухIарал цIумазда релълъарал дир миллаталъул гIолилазул тIадегIанлъиялдасаги борхалъиялдасаги йохизе бачIана гьеб лахIзаталъ. Кинха йохиларей мугIрул ахадасан чвахун унел гIисинал лъаразул бацIцIадаб ва роцIараб чилиял­да релълъун гIолилас бицунеб ма­гIарул мацIалдаса?
Гьединабго гъира-шавкъгун ри­кIкIунел рукIана лъималазги кучI­дул. 
Къецалъул хIасилал гьарун хадур, тIоцересел бакIал ккуразе ва призеразе МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул рахъалдасан кьуна сайгъаталги.
Байрамалъул хадусеб бутIа нух­да бачана республикая­лъул ма­гIа­­рул мацIалъул учительзаба­зул ассо­циациялъул нухма­лъулей Ба­­ху МухIидиновалъ ва Гъизилюрт ш­а­гьаралъул №7 школалъу­л ма­гIарул мацIалъул учитель Сарат МухIумаевалъ. Цере рахъа­на магIарул районаздаса ва ба­­­тIи-батIиял шагьараздаса учитель­за­­базул ва цIалдохъабазул ко­л­лек­­тивал. Цо дарс кьезе гуребги, кьурдизеги, кучIдул рикIкIинеги, ахIизеги, ролал хIазеги жидерго бугеб махщел бихьизабуна гьез. Щибаб коллек­тив мустахIикъаб букIана тIа­де­гIанаб рецц-бакъалъе. Гьединго бай­рамалъул гIахьалчагIазе музыка­лияб салам кьезе рес щвана исана Хунзахъ тIобитIараб магIарул ма­­цIалъул учительзабазул ункъ­абилеб руцIцIеналда цересел бакIал росарал Унсоколо районалъул ва МахIачхъала ва Каспийск шагьаразул школазул магIарул мацIалъул учительзабазул коллективазе.
 
ХадурагIи
 
Дунгоги ккола магIарул мацIалъул дарсал кьолей учитель. Дицаги ма­лъула цIалдохъабазда, кучIдул ри­кIкIу­нелъул тIадчIей гьабизе бо­кьа­раб бакIалда, кверзул ишан гьа­бизе. Гьедин цо-цо рекIел хIал, асар загьир гьабизе ккаралги бакIал рукIунелъулха. Амма гIемерисел це­рерахъиназулъ, кколелъурги кко­ла­релъурги лъималаз кверал хьва­гIи­зари цIекIлъиялде сверулеб букIана. Гье­зул кверазухъ хал гьабулаго, ко­чIол рагIабазухъ гIенеккизе регIизе то­лел рукIинчIо. Дица лъималазде щибго гIайиб гьабуларо. Гьезда кучIдул пасихIго цIализе малъулел учительзабазде буго гьари – кочIол тIагIам хвеледухъ, хьвагIдезе тIамуге цIалдохъаби!