ЦIцIаназда рас рикIкIун балагь рещтIаги

КIиго чIужугIадан квешго цоцалъ рагъанила. Руччабазул рагъалдаса гIасияб жо щибха букIинеб, ботIродаса цоцазул бетIун рас тIагIанила, гьурмаздаса хъарсун хъалги лъугIанила кIиязулго.

Цо талихIалъ тIаде гIадамалги щун, ратIа гьарун рокъо-рокъоре щвезаюнила кIияйго. Гьединги хIебтIичIого, хадур тIохдеги рахун, цоцазде хьандезе, рогьрал разе лъугьанила гьел.
— Зодоб цIва рикIкIун цIцIеги кьеги, цIцIаназда рас рикIкIун балагьги рещтIаги дуда, — ян ахIанила цоялъ.
— Лъарахъ чваходал гьаракь къотIаниги, дур рокъоса магIил гьаракь къотIугеги, — ян хьанданила данде гьай цояйги.