АнцIго соналъ цебе Норвегиялда фотоаппарат билун букIараб Голландиялдаса хъизамалъухъе нахъе щвана отпускалъул заманалда рахъун рукIарал жидерго суратал.Ралъдал рагIалда гьеб фотоаппарат батун буго немцазул туристасда. Гьесухъа бажарун буго бекараб фотоаппараталъуса, «ракIалдачIеялъул» карта нахъе бахъизе. Гьеб картаялда букIараб цо сураталда туристасда бихьун буго Голландиялъул номерал ругеб автомашина. Гьес полициялда гьарун буго, фотоаппарат ва суратал тIадруссинаризе,...

