Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къоялда хурхун гьабулеб иргадулаб фестиваль букIана араб шамат къоялъ МахIачхъалаялда. Авартеатралъул минаялъуб тIобитIараб, тIолалго магIарулазе гIахьалаб гьеб байрамалъ исанаги данде ракIарана нилъер халкъалъул миллиябщинаб бокьулел.
МагIарулазул регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ, мугIалимзабазул ва магIарул басмабазул ассоциацияз гIуцIараб гьеб тIобитIизе квербакъана Авартеатралъги. Санайилго гIадин, гьениб гIахьаллъи гьабуна магIарул мацIалда рахъулел газетазулгун журналазул коллективаз, басмаханабаз, жидерго кверзул махщалил къайигун рачIун рукIана Унсоколо, Хунзахъ районазул махщелчагIи, магIаруллъиялъул берцинлъи рагьулел суратал рихьизе лъун рукIана Шамил Шангереевасул турфирмаялъ. Фестиваль тIобитIизе байбихьаралдаса гIадатлъун билълъухъе, миллияб ратIлилъ рачIун рукIана киналго гIахьалчагIи ва гIемерисел гьалбал.
Байрамалъул майданлъун лъугьараб театралъул жанахIалъур дандчIвалел рукIана, магIарулазул байрам гIагараблъун лъугьарал, батIи-батIияб миллаталъул вакилзабигицин.
Фестиваль рагьиялъул бутIаялдаги гIахьаллъун, Дагъистаналъул тIалъиялъул рахъалдаса баркиялъулаб кIалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъул министр Энрик Муслимовас.
Дагъистаналъул киналго миллатаз жидерго мацIал цIуниялъе гьабулеб хIаракатчилъи цIикIкIун кIвар кьезе мустахIикъаб бугин абуна байрам баркулаго МагIарулазул автономиялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас.
Хадубккун, бакъанил заман щвезегIан, гьитIичал, цIалдохъаби ва мугIалимзаби гIахьаллъараб жиде-жидер программа бихьизабуна «Аварал» абулеб гIолилазул гIуцIиялъ ва Авар мацIалъул мугIалимзабазул ассоциациялъ.
Фестивалалда гIахьаллъиялъухъ баркалаги загьир гьабун, МагIарул басмабазул ассоциациялъул рахъалдаса МухIамадрасул ГIумаровас сайгъатал кьуна магIарул мацIалда рахъулел газетазулгун журналазул редакторзабазе.
ТIубараб къоялъго халатбахъараб гьеб тадбиралъ жанибе бачана магIарулазул адабияталъулгун маданияталъул хаслъи, миллияб бечелъи рагьулеб чанго батIияб рахъ.
Араб соналъул хIасилалги гьарун, МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъ шапакъаталгун сайгъатал кьуна миллаталъе пайдаял ишал гьарурал жамгIиял хIаракатчагIазе, маданияталдагун адабияталда, тарихиябгун лъай кьеялъул бутIаялда лъикIаб лъалкI толезе (45 чиясе).
Шапакъатал щваразул мухъилъе исана ккана «ХIакъикъат» газеталда хIалтIулел ункъоялги: къокъаб заманалда жаниб халкъалъе загьираб чIаголъиялда газеталъул хIалтIи гIуцIиялъухъ — бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов; гIемерал соназ гьоркьоб къотIичIого «Сугъралъ» газеталъул редакторлъиялъухъ — ГIабаш ГIабашилов; магIарул журналистикаялда лъолеб бутIаялъухъ — ПатIимат СултIанмухIамадова; «БатIияв вукIине изну букIинчIо» тIехьалъухъ — ПатIимат ГьитIинова.
МагIарулазул регионалияб автономиялъ бихьизабураб бищунго тIадегIанаб «Миллаталъул чIухIи» шапакъат исана кьуна Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Казиевасе, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, меценат МухIамад СагIадулаевасе, тарихалъул гIалимчи ШагIбан ХIапизовасе (Маркъо ШагIбанов).
Шапакъатал кьолеб бутIа берцин гьабуна гьунар тIокIал магIарул кочIохъаби, кьурдул ва фольклоралъул коллективал программаялда гIахьаллъиялъ.
ТIубараб къоялъ халатбахъараб гьеб байрамалъе ахир лъуна «Булбулалъул кечI» спектаклялъ. Киназего хирияв ХIусен Казиевас аслияб роль хIалеб гьеб спектакль букIана Авартеатралъ фестивалалде рачIаразе гьабураб унго-унгояб сайгъат.