ГIакълабазул гъамас

• Хъулухъалда вукIаго ракIалда чIезабе кIиго хIакъикъат: «РитIухълъиялъулъ загьирлъула гIакъиллъи. ХъантIи гьечIолъиялъ борхизабула къадру». Рокъове тIадвуссиндалги ракIалда чIезабе кIиго хIакъикъат: «Рази-ракиго вукIиналъулъ батула рахIат. ЦIуна-къаялъ гьарза гьабула буголъи».

• БугьтанчагIи релълъуна бакъалда цебе бачIараб накIкIуда: гьезда гIемераб мехалъ бахчизабизе кIоларо лъикIлъи. ХIелхIелчагIи релълъуна тIеренабго гьорол хIухьлада: гьел аскIоса тIагIараблъиго лъаларо.
• КъабихIав чиясулгун тушманлъи гьабуге, жиндаго релълъарал рукIуна гьесул тушбабиги. Сахаватав чиясе хIелхIедуге, гьес хасаб мурадалъе гIоло лъиего кумек гьабуларо.
• Живго жинцаго веццулев чи вуго жиндиего зарал гьабулев чи.
• Гьудуласухъе индал, гьесул лъималаз бицуна дуда мун гьесие хIажат вугищ яги гьечIищали. Лъимал данде рортун рачIани, гьудулас дур хIурмат гьабулеб буго. РачIинчIони, гьудуласе мун вихьизецин бокьун гьечIо.
• Воре, зинаялдаса рикIкIад чIа. Гьеб байбихьула пахрулъиялдаса ва чохьое бокьа-бокьараб гьабиялдаса, амма лъугIула язихълъиялде ккеялдалъун.
• ЛъикIаб квен бугони — гьалбал гIемерлъула, гIемераб бечелъи бугони – гьудулзаби цIикIкIуна. Амма мун гIодов ккараб къоялъ гьел дуда ратуларо.
• ХIалтIичIого бетIербахъи гьабизе бокьиялъ гьерсихъанлъун ва цIогьорлъун лъугьинавула.
• КъанцIаялъ гьоцIо пасат гьабулеб гIадин, квешаб тIабигIаталъ гIамалги пасат гьабула.
• ГIадлу гьечIеб мацI нилъедаго данде хIалтIула.
• Мун гIадамазда гурхIа, гьеб мехалда Аллагь дудаги гурхIила.
• ТалихI бокьун батани, щайтIан къезабизе ккола.
• Воре, кIочон тоге дунялалда гIунги тIокI заз букIин. Амма гьелда тIад гIодов чIезе лъидаго тIадаблъун гьабунги гьечIо. Дуда цадахъ дуе мутIигIаб гъалбацI батичIони, воре, дуца гьабзазда ганчIал речIчIуге.
• ЗахIмалъи бихьарасда жиндирго бакI батула, цIамул гьир чIикIарасда гьацIул къиматги лъала.
• ГIемер гIодизе ккарав ракI-ракIалъго ве-лъула.
• Хвел нахъа букIин лъалес лъикIлъиялъ хур бекьула.
• Унесе квалквалги гьабуге, вачIарасе нодоги букIкIунге.
• ЛъикIав чиясул тушманлъун вукIин лъикI, квешав чиясул гьудуллъун вукIиналдаса.
• Рос-лъади рукIине ккола квераллъунги бераллъунги. Кверал унтулел ругони — берал гIодула, берал гIодулел ругони — квераз магIу бацIцIуна.
• Бусада вегун вугев киданиги гIодов кколаро.
• ГIантав чиясе кидаго нух кьезе ккола.
• Бажарарабщинаб гьабе, хутIараб Аллагьасде тIамун те.
• Релъи-хъуй бугеб рокъобе бачIуна талихI.
• Гьимулеб гьурмада чIор речIчIуларо.
• Къулизе хIинкъичIони, витIун чIезе бигьалъула.
• ГIакъилас авалалдасан байбихьула, гIабдалас ахиралдасан байбихьула.
• Инсанасда кIола гIодизеги велъизеги. Инсанасухъ буго бокьараб тIаса бищизе ихтияр.
• Барщараб пихъ гIемераб мехалъ цIунун хутIуларо.
• ГIемераб жо буго рекIеда гурони, беразда бихьулареб.
• Нилъеца гьабулеб лъикIаб иш квешлъия-лъеги батула.
• РахIатаб гIумру бокьун батани, чияца гьарилалде гьесие лъикIлъи гьабизе гIедегIуге.