ЦIунтIа 24 февралалда радал ичIгоялде бащдаб хIалтIараб заманалда цIа рекIана ЦIунтIа районалъул Махъалалъ росулъа ГъазимухIамад Гадаховасулги МухIамад МухIамадовасулги минабазда. ГIадамазул кумекалдалъун бажарана цIа свинабизе. Кумекалъе рачIун рукIана мадугьалихъ росабазул жамагIаталги. 35 километралъ рикIкIада ругониги, къварилъи ккаразде хехаб кумекгун тIаде щвана Кидиро, Шагьикь, Шаури, Хъебалъ ва цогидал росабалъа гIолохъаби. Хадурго цун рачIана цIа свинабулезул машинабиги. ...

